Аслияб гьумералде

Лъималазе тарбия

Лъималазе тарбия

Лъималазе тарбия

 

Нилъеда лъала исламалда бищун кIвар бугеб жо ккола лъималазде гьабулеб бербалагьи. Лъимер ккола Аллагьас нилъее кьураб нигIмат ва аманат, нилъеца гьеб цIунизеги ккола.

 

Лъималазул тIалаб гьаби, гьезие тарбия кьей буго бищун цебесеб суал эбел-инсуе. Гьелъул пикру гьабизе ккола. Амма эбел-эмен хIалтIудаса къаси рокъоре свакан рачIуна ва лъималазул тарбиялъул хал-шал гьабизе заман гIоларо. Гьелъ гьелги куцалел руго интернеталъ. Эбел-инсудайин абуни тIадаб буго гьезие берцинаб тарбия кьезе.

Къуръан-хIадисалъ эбел-инсудаса тIалаб гьабула лъимал кIодо гьари, гьел цIуни. Эбел-инсуда лъазе ккола лъимер нилъехъе Аллагьас кьураб тIадегIанаб аманат букIин, Къиямасеб къоялъ жавабчилъиги тIалаб гьабизе букIин. Гьелъин нилъеца лъимада малъизе кколеб квешаб тун лъикIаб босизе кколеблъи.

Хирияв аварагасе ﷺ цIакъ рокьулаан лъимал, гьединлъидал, гьес кутакалда кIварги кьолаан лъималазде ва гьезие кьолеб тарбияталде. Нухда унаго дандчIварал лъималазе кьолаан салам ва гьабулаан дугIа.

Цо къоялъ хутIба гьабулев вукIарав аварагасда ﷺ рихьун руго ХIасан ва ХIусен. Гьеб мехалда авараг ﷺ, минбаралдаса гъоркьеги рещтIун, гьелги кодоре рачун жиндирго калам тIубазабизе минбаралде тIаде вахун вуго.

Жакъа нилъер лъимал как балаго тIаде рахун расандани ва релъанхъани, нилъ гьезде рагъула. Амма аварагас ﷺ гьедин гьабичIо, ай дол расандизе рукIине сужда халат гьабуна.

ХIасил, лъимер балугълъизегIан эбел-инсуца лъималазе гьоркьоса къотIичIого лъикIаб тарбия кьела. Балугълъун хадубги гьел рехун теларо. Къиямасеб къоялъ жиндирго агьлуялда ислам малъичIого батиялдаса кIудияб мунагь букIинариланги буго. Къиямасеб къоялъ тIоцебе данде дагIбадизе рахъунел гIадамалги, жинца тарбия кьечIев чиясул, жиндирго агьлу-хъизан букIинилан буго.

Тарбия кьей - эбел-инсуда тIадаб налъи буго. Тарбия кьун хадубги лъимер квешаб лъугьани, гьелъул жаваб эбел-инсудаса тIалаб гьабуларо.

Лъимал лъикIал лъугьин - эбел-инсул бищун кIудияб талихIаздасан цояб ккола. Хун хадуб лъикIаб дугIа гьабулел лъимал нахъе тани, гьебги ахираталъул рокъоб абадияб талихI ккола. ЛъикIал лъималаз эбел-инсуе лъикIаб дугIа гьабичIонигицин, гьез гьабураб лъикIаб гIамалалъул кири эбел-инсуеги хъвала, гьезиеги камизабичIого. Лъимал лъикIал лъугьани, дунялалда эбел-инсуе букIунеб рахIатги, гьел квешал лъугьани, эбел-инсуе букIунеб рахIатхвейги - гьебги киназдаго бихьун лъалеб жо буго.

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.   Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...