Аслияб гьумералде

ТалихIкъосин, балагь-къварилъи, унта-щокълъи

ТалихIкъосин, балагь-къварилъи, унта-щокълъи

Унти буго Аллагьасул ﷻ рахIматазул цояб, гьелъ загьир гьабула инсанасул загIиплъи ва хIалкIвей гьечIолъи. Унти рикIкIуна гIицIго черхалъул къварилъилъун гуребги, иман щула гьабизе бачIараб хIалбихьилъунги мунагьал чурулеб алатлъунги. ХIадисалда бицараб кинниги, унтараб мехалъ сабру гьабиялъ бусурбанчиясе кIудияб кири кьола БетIергьанас ﷻ.

 

Унти сабаблъун чурула мунагьал. Хирияб хIадисалда Аварагас ﷺ абун буго: «Кинаб бугониги талихIкъосин, балагь-къварилъи, унта-щокълъи бусурбанчиясде тIаде бачIани, хIатта заз къарабгIанасебцин, Аллагьас гьеб сабаблъун гьесул мунагь чурула», - абун (Бухари, Муслим). Хвалда цебе унти щварав чи вугони, гьеб гьесие лъугьина Аллагьасда ﷻ дандчIвалалде мунагьаздаса вацIцIалъилъун.

Макъам цIикIкIин. Инсанас сабруялдалъун тIаде щвараб унти хIехьани, Аллагьас ﷻ гьев Алжаналда гIадатиял гIамалаздалъун щвезе вукIинчIеб тIадегIанаб даражаялде вахинавула. «Унгоги инсанасе Аллагьасда цебе тIадегIанаб макъам щвезе бегьула, жиндир (лъикIал) гIамалаздалъун щвезе кIвезе букIинчIеб, БетIергьанас жив гьеб даражаялде вахинегIан рекIее гIоларел жалаздалъун батIи-батIиял хIалбихьиял гьариялдалъун», - ин абун буго хIадисалда (ибн ХIиббан).

ГIамалалъухъ кири кьей. Унтиялъ суннатал какал яги кIалал кквезе квалквал гьабулеб бугони, Аллагьас ﷻ Жиндирго цIобалдалъун, гьел гьарурал кинниги, кири хъвала чиясе. ХIадисалда буго: «Лагъ унтарав яги сапаралда вугеб мехалъ, гьесие кьола рокъов вукIаго ва сах-саламатго вугеб мехалъ гьабулеб букIараб гIамалалъухъ гIадаб кири», - ян (Бухари).

РакIалде щвезабула тавбу. Унтун загIипго вугеб мехалда инсанас гьарула батIи-батIиял пикраби, хIатта хвезе ватилин абурабги. Гьединаб хIалалъулъ вугеб мехалда чара гьечIого гьабула тавбу, дугIа.

Цоги, унти буго ццим бахъинлъун гуреб, хIалбихьилъун. ЗахIмалъиялъухъ халгьабун букIунелъул гьелъухъ щолеб жоги, гьелъ цIикIкIун унтаравгIанасе ажру-кири щвейги цIикIкIараб букIуна. Бихьаралда сабру гьабуни, ахир талихI батиги кIудияб букIуна.

Гьаризе ккола Аллагьасда ﷻ тIаса лъугьин, мунагьал чури, сахлъи кьей. Цадахъго хIалтIизабизе ккола гьелъие ругел сабабалги. ХIадисалда Аварагас ﷺ абулеб буго: «Я Аллагьасул ﷻ лагъзал, нужеца дару-сабаб балагье, Гьес ﷻ дару гьечIеб унти (хвел гурони) бижун гьечIо», - ян.

Аллагьас ﷻ сахлъи кьеги киналго унтаразе! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...