Аслияб гьумералде

Лъазе ккола

Лъазе ккола

Лъазе ккола

Ислам буго жиндир бухьен щуго жоялда бараб: шагьадат битIи (жиндие лагълъи гьабизе кколев цониги чи гьечIо, вати тIадав Аллагь ﷻ гурони ва МухIаммадги ﷺ Гьесул ﷻ авараг ва расул вугин абун), къол щуябго как бай, боцIи-малалдаса закагIат-сахI бахъи, рамазан моцIалъ кIал кквей, хIалкIварас хIежги гьаби.

 

Нилъ иман-исламалда рижун рати буго Аллагьас ﷻ нилъее кьураб кIудияб нигIмат, рахIмат. КигIан ургъаниги нилъ хадур гъолареб цIобги буго гьеб. Гьелдаго бащдаб рохел буго нилъее МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса рати, гьабураб мунагьалдаса ракI гурхIаразе тавбу кьей, гъалатIалдаса Аллагь ﷻ тIаса лъугьунев вукIин. ГIемерал умматазе букIараб жоги гуро гьеб.

Иман-исламалъул бицунеб бугелъул, камилаблъунги гьеб букIуна чияс мацIалъ абун, мукIурлъараб ракIалъги ритIухъ гьабураб мехалъ, цинги гIамал гьабун лугбаздалъунги тIубазабулеб бугони, цадахъго Аварагасул ﷺ суннатги цIунун.

Гьедин мукIурлъун ислам ритIухъ гьабурав, амма гIамал гьаби чарав пасикълъун вукIуна. Паризаяб гьабун, суннаталда нахъвилълъин тарав бидгIачиги ккола. Амма мацIалдалъун мукIурлъичIев капурав вуго. МацIалъ абун ракIалдалъун ритIухъ гьабичIев мунапикъги ккола.

ИхIсан щиб абуни, гьеб буго БетIергьанасе ﷻ гIибадат гьев вихьулев вугев гIадин гьаби, нилъеда вихьулевлъун Гьев ватичIониги Гьесда нилъ рихьулел рукIунелъул. Гьедин баян гьабун ГIумар-асхIабасдаса бачIараб хIадисги буго.

ИхIсаналъул даражаги цIакъ тIадегIанаб буго. Гьеб ккола Аллагь ﷻ лъаялде рахарал чагIазул макъамги. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абулеб буго (магIна): «Дунялалъул рокъоб Аллагьасда иманги лъун (Гьев ﷻ тIаде валагьун вугев гIадин) лъикIаб гIамал гьабун хьвадарал гIадамазе БетIергьанасул рахъалдаса Алжан буго…», - (суратул «Юнус», 26 аят). ХIадисалдаги буго: «Кир ругониги Аллагьасукьа хIинкъа…», - абун (Тирмизи).

Суннаталъул магIна буго Аварагас ﷺ гьабуралъулъ гьесда ﷺ нахърилъин. Гьелдаса мурадги Аварагасул ﷺ гIаммаб нух буго, ай Хирияс гьабейин абураб гьабун, теян абураб тун. Гьес ﷺ абурабги букIана Алжаналде гIагарги гьарулеб жужахIалдаса нахъеги чIвалеб жоялъул жинца нужее баян гьабичIеб жо течIин. Нилъ гьесул амру-нагьюязда нахърилъунел ругони, дунял-ахираталда талихI щвараздаса рукIине руго. Къуръаналда Аллагьасги ﷻ абулеб буго нужее Аварагасулъ ﷺ нахърилъине берцинаб мисал бугин (суратул «АхIзаб»). Имам Гъазалияс хъван абуна Аварагасул ﷺ щибаб суннат цIунарасе Алжаналда хасаб даража бугин абун.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...