Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ цIарал

Аварагасул ﷺ цIарал

Аварагасул ﷺ цIарал

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хирияв аварагасе ﷺ кьун руго гIемерал цIарал. Гьезул цоял рехсон руго Къуръаналда, цогидазул бицен букIана цере рукIарал аварагзабазде рещтIарал тIахьазулъ. Гьединго рукIана гьел аварагзабазда БетIергьанас ﷻ малъун, гьез рехсаралги хириясул ﷺ цIарал.

Аварагасул ﷺ цIаралдасан ккола «МахIмуд» абурабги. Гьелъул магIна буго «Жиндие рецц гьабурав» абураб. Гьеб цIар буго БетIергьанасул ﷻ «ХIамид» абураб цIаралда релълъараб. Гьелъул магIна бугелъул жиндие рецц гьабулевин абураб. МахIмудилан цIар тун букIана аварагасда ﷺ Давуд аварагасул Забуралда.

Цоги цIаралдасан буго «ал-ФатихI». Гьелъул магIна ккола «Жинца рагьулев» абураб. Гьеб цIар аварагасда ﷺ тун буго, гьев ﷺ сабаблъунги гьавун БетIергьанас ﷻ битIараб нухалъул нуцIа рагьиялъе гIоло. Аллагьас ﷻ гьев ﷺ гьоркьов ккун гIемерал чагIазул беццал берал хIакъалде ралагьизаруна, гIинкъазул гIундул хIакъикъияб калам рагIулеллъун гьаруна, куфруялъул гъат тIад лъугьун рукIаразул ракIал нуралъул нухде рачана, алжаналъул каваби, гIелму-гIамалалъул нухал рагьана, дунял-ахираталъул талихIалги рикьана.

Буго «ал-ХIашир» абураб цIарги. Гьелъул магIна ккола «Жинца данде гьарулев» абураб.

«Ал-ГIакъиб». Гьаб цIаралъул магIна ккола «Ахиралда, хадув вачIарав» абураб. Нилъер авараг ﷺ ккола ахирисев, жинда хадув цоги авараг вахъине гьечIев. Гьелъие гIоло абураб буго ГIакъибиланги.

Гьесул ﷺ цIараздасан буго «ал-Мукъафи» абурабги. Гьелъул магIнаги, ГIакъиб абураб цIаралдаго релълъун, киналго аварагзабазул лъалкIда хадув вачIарав, гьезго ккураб бацIцIадаб Аллагьасул ﷻ нухда вилъунев абураб.

Буго «ал-Аввалу» абурабги цIар. Гьелъул магIна буго «Авалияв, тIоцевесев» абураб. Гьеб цIар аварагасда ﷺ абун буго вижиялъулъ жив тIоцевесев вукIиналъе гIоло. Черхалъул рахъалъ тIоцеве вижарав инсан Адам авараг вугониги, рухIалъул рахъалъ тIоцеве вижарав МухIаммад авараг ﷺ ккола. Гьединго МухIаммад ﷺ ккола Къиямасеб къоялъ тIоцеве тIаде вахъунев, жинца шафагIат гьабизе байбихьулезулги тIоцевесев, азалалда заррабилъун гIадамал ругеб мехалъго Аллагь ﷻ БетIергьанлъун вукIиналъе мукIурлъун жаваб гьабуразул тIоцевесевги.

«Ал-Ахиру». Гьаб цIаралъулмагIна ккола «Ахирисев» абураб. Гьедин абиялъе магIнаги ккола жив ﷺ ахирисев авараглъун витIарав вукIиналъе гIоло.

Аллагьас ﷻ нилъ гьареги гьесул ﷺ хириял цIарал лъалездасан ва Къиямасеб къоялъ шафагIат насибаздасан! Амин!

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...