Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ гьими

Аварагасул ﷺ гьими

Аварагасул ﷺ гьими

АсхIабзабаз Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ кинабго жо лъазе тIалаб гьабулаан. ХIаракатги бахъулеб букIана Аварагас ﷺ гьабураб гьабизе ва гьесдаса мисал босизе. Аллагьас ﷻ Къуръаналда рехсана Аварагасулъ бугин нужее мисалилан. Гьез Аварагасул ﷺ сипат гьабун бицунеб букIана.

 

ЧIахIиял асхIабаз гIемер сипат гьабулеб букIинчIо, щайгурелъул гьел Аварагасул ﷺ бадире ралагьизе нечолел рукIун. ГIемерисеб мехалъ гIолохъанал асхIабзабаз сипат гьабуна. Щайин абуни, гIолохъаби Аварагасул ﷺ бадире балагьизе нечолел рукIинчIо.

Аварагасул ﷺ гьимиялъул Жабир-асхIабасдасан бицана: «Авараг ﷺ гьимун гурони велъулароан. Дун гьесухъ балагьидал, дида кколаан Гьес ﷺ жиндирго берал сурмаялъ релъун ругин, хIакъикъаталда релъун рукIинчIониги», - ян. (Имам Тирмизи)

Къутайбат ибну СагIидица бицана ибну ЛагьигIатидасан, гьесги ГIубайдуллагь ибну Мугъиратидасан, гьесги ГIабдуЛлагь ибну ХIарисидасан: «Авараг гIадин гьимулев чи дида вихьичIо», - ян. (Имам Тирмизи)

АхIмад ибну Халид Халлалица бицана ЯхIя ибну ИсхIакъ СайлахIаниясдасан, гьесги Язид ибну Абу ХIабибидасан, гьесги ГIабдуллагь ибну ХIарисидасан: «Авараг ﷺ велъулев вукIинчIо, гьимун гурони», - ян.

Авараг ﷺ къанагIат гурони велъичIо нахъисел гIусал рихьулеб хIалалда. Гьелъ тIоритIел гьабула велъиялъулъ къварилъи гьечIеблъиялде. Амма гIемер гIорхъолъа ун велъи Аварагас ﷺ гьукъана.

Имам Тирмизияс бицараб хIадисалда Аварагас ﷺ абуна: «ГIемер релъанхъуге, хIакълъунго, гIемер релъанхъиялъ ракI хвезабула», - ян.

АхIмад ибну МанигIица бицана МугIавият ибну ГIамридасан, гьесги Заидидасан ва гьесги ИсмагIил ибн Абу Халидидасан, гьесги Къайсидасан, гьесги Жариридасан: «Аварагас ﷺ дун аскIов виччалаан ва дица ислам босун хадуб дун вихьанщинахъе гьимулаан», - ян.

Жаририе кьун букIана гьаб умматалъул Юсуф абураб цIар.

Гьединго Аварагас ﷺ махсаро гьабулаан. Махсаро гьабулаан хIакъаб, битIараб бициналдалъун. Мисалалъе, Анасида Аварагас ﷺ абуна «Я зал Узунайни», ай кIиго гIиналъул бетIергьанилан. Гьеб букIана Аварагасул ﷺ махсаро, щайгурелъул, Анасица кинабго Аварагас ﷺ бицунеб жо мухIканго ракIалда чIезабулаан.

ШаригIаталъул гIурхъи бахараб, жиндилъ гьереси яги гIадамазе зарал гьабизе рес бугеб махсаро гьабулароан.

Кидаго махсараби гьарулел рукIине бегьуларо, гурони, гьелъ ракI чIунтизабула.

 

Шамил МухIаммадов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...