Аслияб гьумералде

Лъимал цIуниялъе дугIа

Лъимал цIуниялъе дугIа

Лъимал цIуниялъе дугIа

Эбел-инсуе бищун рокьула лъимал. Лъималазе тарбия кьей бигьаяб ишги гуро, хасго гьаб заманалда. Гьелда тIад разилъуларев чи ватизего ватиларо. Кин бугониги нилъеда тIадаб борч ккола гьезие лъикIаб тарбия кьей, гьел квешал ишаздаса цIуни.

 

Жакъа нилъ ругеб заман ккола нигIмат гIемерлъун цадахъ квешлъиги гIемерлъараб. Гьеб сабаблъун лъимал кколел руго квешал бакIазде. Аллагьас ﷻ цIунайги нилъер лъимал.

ГIемерал къагIидабиги руго лъимал цIуниялъул мурадалда гьаризе кколел. ДугIа бусурбанчиясул ярагълъунги гIибадаталъул гIадалнахлъунги рикIкIуна. Гьединго дугIа гIибадаталъул бищун лъикIаблъун кколинги абула. Эбел-инсул дугIа къабулаб букIунинги абулелъул. Вореха нужеца хасго фитнаялъул заманаялъ лъималазе дугIа гьабичIого тоге.

Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Щаклъи гьечIо лъабго чиясул дугIа нахъчIваялда: зулму чиясул дугIа, сафаралда вугесул дугIа ва эбел-инсул жодорго лъималазе дугIа». (Ибну Мажагь).

Ибну ГIабасица абун буго, Аллагьасда ﷻ гьаризе бокьидал гьарейин, Гьесдаса ﷻ кумек тIалаб гьабизе бокьидал, тIалаб гьабейин абун. (Имам Тирмизи)

ХIафиз ибн Ражаб ХIанбалияс абуна: «ДугIа ккола гIибадат. ГIемер нуцIида кIутIидал жаваб щвечIого букIине рес гьечIо. Гьединлъидал дугIа гIемер гьабизе рекъола. Абун буго бачIине бугин цо заман, тIадчIун, гIемер гьабун гурони дугIа къабуллъулареб. Гьебги ккола питнаби гIемерлъараб заман».

Ибрагьим аварагас гьабураб дугIа ккола лъикIазул цояб. Ибрагьим аварагас, вас ИсмагIилида цадахъ, КагIба къачIайдал, Аллагьасда ﷻ гьарула: «Я нижер БетIергьан Аллагь ﷻ, Дуца ниж гьаре Дур амруялда нахърилълъараздасан. Ва нижер наслу-зуриятги гьабе Дуе мутIигIаб умматлъун. Дуца нижеда лъазабе Дуе гIибадат гьабулеб къагIида. Гьаб КагIба-рукъалда хIежгун гIумра гьабулеб къагIидаги лъазабе. Дуца нижер тавбуги къабул гьабе. Мун тавбу къабул гьабулев, лагъзадерица тавбу гьабизе бокьулев ва Дуда иман лъурал лагъзадерида дунялалдаги ахираталдаги гурхIулев вуго», - ян. (Сура «Бакъара», аят 128)

Гьединго кIочене бегьуларо лъималазе дугIа гьаби Аварагасул ﷺ суннат кколеблъиги. Бухарияс ГIабдуллагь ибну ГIабасидасан бицараб хIадисалда буго, Аварагас ﷺ ХIасаниеги ХIусениеги цIуниялъул дугIа гIемер гьабулаанин абун. (Имам Бухари)

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...