Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ гIибадат

Аварагасул ﷺ гIибадат

Аварагасул ﷺ гIибадат

Къутайбат ибну СагIидица бицун буго Бишр ибну МугIазидасан, гьел кIиязгоги Абу ГIавамидасан, гьесги Зиядат ибну ГIилакъанидасан, гьесги Мугъират ибну ШугIбатидасан: «Аллагьасул Расуласул ﷺ хIатIал, гIемер какал раялъ гьорон рукIунаан. Гьесда гьикъула, гьеб захIмалъи баччун щайин, Аллагьас ﷻ дур цере аралги хадур рачIунелги мунагьал чурун ругеб мехалъилан абун. Аварагас ﷺ абула: «Дун вукIине кколарищ щукру гьабулев лагълъун?» - ян. (Имам Тирмизи)

 

Цере аралги хадур рачIунелги мунагьал чуранин абураб жоялъул магIна ккола Аллагьас ﷻ кьурал нигIматал ракIалде щвезари. Мисалалъе, Макка рагьи ва гьелда релълъарал.

Аварагасул ﷺ мунагь букIунаро, щайгурелъул, гьесул макъамалъе гьеб рекъоларо, Аллагьас ﷻ цIунула гьесие рекъоларебщинаб пишаялдаса.

Аварагасул ﷺ «дун вукIине кколарищ щукру гьабулев лагълъун?» абураб рагIиялъул магIна ккола Аллагьас ﷻ щукру гьабулел чагIи дагь ругин абураб жо ракIалде щвезаби. Щукру гьабуларевлъун вукIинчIого вукIине.

Аварагас ﷺ абуна, бищун Аллагьасе ﷻ бокьулеб Давуд аварагасул как бугин. Бищун бокьулеб Давуд аварагасул кIал бугин.

Сордо бащалъараб мехалъ гьев кьижулаанин ва гьелъул лъабилеб бутIаялда тIаде вахъунаанин, гьелъул анлъил бутIаялда кьижулаанин, цо къоялъ кIал кколаанин, цогидаб къоялъ биччалаанин абун. (Бухари ва Муслим)

ГIалимзабаз абула тагьажуд балев чиясе гьеб гьоркьоб биччазе лъикIаб гьечIин абун. Аварагас ﷺ ГIабдуллагь ибну ГIамрида абуна: «Я, ГIабдуллагь, мун вукIунге къаси как бан ва хадуб гьеб толев чиясда релълъун», - ян. (Бухари ва Муслим)

Жеги гIемерал хIадисал руго къаси сордоялъ Аварагас ﷺ гIемерал какал ран, гьеб борчIулеб букIараб къагIидаялъул рицарал.

Аварагас ﷺ паризаял каказда хадур ралел какалги гьоркьор риччалароан.

Гьединго Аварагас ﷺ зухIаялъул какги толароан.

Аварагас ﷺ абун буго зухIаялъул какда тIадчIей гьабуларин Аллагьасе ﷻ тавбу гьабулел гIадамаз гурони. Аллагьасда ﷻ гьардолел, тавбу гьабулел гIадамазул как бугин гьеб.

Абу Давудицаги имам Тирмизиясги бицараб хIадисалда буго: «Рокъоб бараб как хирияб буго мажгиталда баралдаса, ай паризаяб как хутIизегIан», - абун. Гьелъин суннатал какал рокъор разе хирияб бугеб, зухIаялъул как хутIизегIан. Щайгурелъул, гьеб цIикIкIун рикIкIад букIун рияъалдаса.

 

Шамил МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Эбелгун кIалъалев гьечIо     Нижер вацасул эбелгун кIалъаларого чанго сон буго. Гьес гIагарлъиялъулгунги бухьен гьабуларо. Цоги шагьаралдеги гочун, телефоналъул ахIиязеги жаваб кьоларо. Гьесул хIакъалъулъ нижеда лъала социалиял гьиназда ругел гьурмаздасан. Яц хIисабалда дие бокьун...


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...