Аслияб гьумералде

Баракатаб гIуж

Баракатаб гIуж

Хириял бусурбаби, гьале тIаде щвана рахIматазул моцI - Рамазан. ГIурхъи гьечIеб рецц буго БетIергьанасе ﷻ цоги соналъ гьалда дандчIвай гьабизе нилъее гIумру кьуралъухъ. Гьаб моцIалъул хIурмат гьабизе ва пайда босизе Аллагьас ﷻ нилъее киназего кумек гьабеги, чорхое сахлъиги кьеги.

Ихдалил заман буго дунял гьогьомараб. Гьединлъидал хьул буго гIисибикъинаб унта-щокълъи бугезе ялъуни къватIире рахъун хIалтIи гьабулезе гIемерго квалквал букIинарин абураб. ГьитIинабго рехсей гьабила радакь рахъинаялъул, ай сухIур гьабиялъул хIакъалъулъ. СухIуралъул гIужалъул хIакъалъулъ имам АхIмадица бицараб хIадисалда буго:

«Аллагьас ﷻ ва Гьесул малаикзабаз салават битIула радакь рахъун сухIур гьабулезде», - ян.

Радакь рахъун кванай буго аварагасги r тIадчIей гьабулеб букIараб гIамал, асхIабзабиги гьелде гьесизарулаан. АсхIабзабаз бицун буго, аварагас ﷺ жал баракатаб кванде рачIаян абун, сухIуралде ахIулел рукIанин. Гьелъулъ бугеб баракаталъул ва даража-кириялъул хIакъалъулъ рачIарал хIадисал гIемерал руго. Бухарияс бицаралда буго: «Нуж радакь сухIур гьабизе рахъа, гьелъулъ баракат буго», - ян. Жеги чанго асхIабасдасан бицараб хIадисалда буго: «Лъел къатIра къулчIизе бугониги нуж радакь рахъа», - ян. ХIадисазул халгьабидал, гьеб кколеб буго Аллагьас ﷻ бусурбабазе кьураб нигIматлъун.

Гьеб гIамал ккола бусурбабазулги ягьудиял-насраниязулги кIалалда гьоркьоб бугеб батIа бахъилъунги. Аварагас ﷺ абулеб буго: «Нилъерги агьлу-китабазулги кIал кквеялда гьоркьоб бугеб батIалъи сухIуралда кванай буго», - ян (Муслим).

Фикъгьиялъул гIалимзабаз абула радакь рахъин «суннатун муакадат» бугин, ай аварагас ﷺ кIвар кьолеб букIараб гIамал бугилан. Радакь рахъиналдалъун нилъеда лъала къад кIал кквезе бигьалъулеблъи. Цинги, балагьеха, бигьалъи щвей гуребги суннат цIуниялъул ният цадахъ бугони, кириги хIасуллъизехъин буго, гьединго, рогьалил какги гIужда бала. Амма кваналелъул гIурхъи цIунизе ккела.

Щайин абуни, гIадатияб заманалда гIадин гуреб, къоялъ кIал ккун тамахлъун бугеб нилъер черх замазаманалдаса хIал гьабун цIезабидал, гIузруялде ккезе бегьула. Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги щивасе гьаб хирияб заман гIужалдаса бищун цIикIкIараб къагIидаялда пайда босизе, рекъечIеб гIамал цебе гьабулеб букIун батани, гьелдаса ракI бухIун тавбу гьабизе ва рацIцIадал лагъзаллъун гIумру тIамизе!

МУХIАММАДГIАРИФ КЪУРБАНОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...