Аслияб гьумералде

Лъие кьелеб?

Лъие кьелеб?

Лъие кьелеб?

Рамазан моцIалъул хаслъилъун буго, гьеб лъугIидал кIалбиччаялъул закат-сахI бахъулеб. Гьеб буго МухIаммадил умматалда хасаб гIамалги. ТIадаблъун гьабуна сахI бахъи гьижра гьабун хадуб кIиабилеб соналъ, кIалбиччаялъул гIид щвезе кIиго къо хутIидал. Гьеб бахъизе тIадаб буго щивав хIурияв, гIидалъул сордо-къоялъ жинца ва жиндица квана-гьекъезаризе кколезе бетIербахъи гьабизе гIураб рес бугев бусурбанчиясда.

 

Гьеб жидее кьезе кколезулги буго микьго тайпа. Гьезул тIоцересел ккола пакъирзаби. Пакъирзаби руго боцIи-мал, хIалтIи гьечIел, ялъуни гьеб бугел, амма жидее ва агьлу-хъизамалъе кваназегун ретIине къваригIунелъул бащадалдаса дагь гурони щоларел чагIи. Мисалалъе, къваригIун буго нусго гъурущ, амма тIалаб гьабун батизе кIолеб гьечIо лъеберго-кIикъого гъурущ гурони. Гьев чи ккола пакъир.

КIиабилел руго мискинзаби. Гьел ккола бетIербахъи гьабизе къваригIунеб нусго гъурщил 70-80 гъурущ гурони щоларел чагIи.

Лъабабилел руго закат-сахIалда тIад хIалтIулел чагIи. Гьеб бакIаризе, хъвазе, бикьизе имамас тарал гIадамал. Гьел чагIазе, бечедал ругониги, хIалтIухъ балагьун мухь закагIаталдаса кьола.

Ункъабилеб бутIаялда ругел чагIи ккола гьанжего гьанже бусурбанлъарал, боцIи-малалъулабгун моралияб кумекалде хIажалъи бугел. Гьеб кьеялдалъун жидер иман щулалъизе букIине.

Щуабилел руго боцIиги тIаде къотIун тархъарал лагъзал. Гьезиеги, жидеда тIад бугеб хIакъ тIаса бихьизе, гIураб жо кьола закагIат-сахIалдаса.

Анлъабилел руго налъулал. ХIалалаб ишалъе гIоло жидеца налъи гьабурал, хадубккун гьеб бецIизе кIунгутIиялде ккарал. Гьезиеги налъи бецIизе кумек гьабула закагIат-сахIалдаса бутIа бихьизабун. Амма хIарамаб ишалъе налъи гьабурал чагIазе закагIат-сахI кьоларо.

Анкьабилеб тайпа буго Аллагьасул ﷻ дин тIадегIан гьабиялъе гъазаваталъе рахъарал гIадамал. Гьезиеги закагIат-сахI кьола байтулмалалдаса бихьизабураб харж гьечIебгIан заманалъ.

Ахирисеб тайпа буго хIалалаб, шаригIаталъ бегьизабураб гIилаялъе гIоло сапаралде рахъарал ва тIадруссине гIураб сурсат гьечIого хутIарал чагIи. Гьезиеги закагIат-сахI бихьизабун буго шаргIалда.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...