Аслияб гьумералде

Берцинал рагIаби

Берцинал рагIаби

Берцинал рагIаби

Шайих МухIаммад-амин ал-Курдияс тасаввуфалъе гьабуна гьадинаб баян: «Гьеб буго напсалъул реццаралги какаралги хIалал жиндалъун лъалеб гIелму, гьезул какараздаса кин рацIцIалъи гьабилебалиги лъалеб, цинги жалги реццарал сипатаздалъун цIвакизарун къачIалел. Гьединго сулук гьабиялъул къагIидаги Аллагьасде ﷻ иналъулги нух лъалеб.

 

Гьелъул бихьизаби: рекIел пишаби ва (бихьи, рагIи, кваши, махI чIвай, чIами гIадал) жидедалъун асар бугел лугбал къачIай буго.

Гьелъул пихъ: ракIал къачIай, БетIергьан ﷻ унго-унгояб куцалда лъай, ахираталда хвасарлъи, Аллагь ﷻ разилъиялда кверщел бати, абадияб талихI щвей. РакIалда нур бай ва тIадегIанал умурал загьирлъуледухъ гьеб бацIцIалъи, гIажаибал хIалал загьирлъи, цогидазул берал жиндаса беццлъараб жиндие баянлъи.

Гьелъул хиралъи: Аллагь ﷻ лъаялда ва Гьев вокьиялда хурхараб букIиналъе гIоло жиб гIелмабазул бищун хирияб букIин.

Цогидал гIелмабазде босидал: тасаввуф буго гьезие аслулъун ва гьезулъ шартIлъун. Щайин абуни, гIелму ва гIамал гьечIо Аллагьасде ﷻ руссиналъулъ гурого. Цинги, нахъиял гIелмабазде дандеккураб мехалъ, тасаввуфги буго черхалъе рухI гIадаблъун.

Гьеб нухлъун лъурав ТIадегIанав Аллагь ﷻ вуго. Гьес ﷻ тасаввуф, вахIю гьабуна Жиндир Расуласде ﷺ ва цере рукIарал аварагзабазде. Щайин абуни, гьеб букIиналъе гIоло киналниги рещтIарал диназулгун шаригIатазул рухIлъун.

Гьелъул цIар: тасаввуф-гIелму абун буго. Жибги сафаун (бацIцIалъи, гIодобе биччай, ракIбацIцIалъи) абураб магIнаялъул рагIиялдаса босараб. Суфиявги вуго жинца ракI хIабургъарабщиналдаса бацIцIад гьабурав чи, хадуб жинца гьебги лъикIабщинаб лъазабиялъ цIезабурав. Месед-гIарацгун хириял ганчIал жиндие ургъел гьечIеллъунги вугев.

Гьелъул бихьи: Къуръан, хIадис ва умматалъул хавасазул асараздаса буго.

ШаргIияб хIукму: гьеб кквей щивасда тIадаб бугин абун буго. Щайин абуни, аварагзаби хутIун, цонигияв гIайибаздаса ва рекIел унтабаздаса цIунаравлъун гьечIо...».

ГIали ибну МухIаммад ал-Журжанияс абун буго: «Тасаввуфалъул нух буго тIадегIанаб, нужеца гьеб гьадингосеб жоялда хурхинабуге. Гьеб буго гIодорегIанал пишабаздаса ракI бацIцIад гьаби, черхалъулъ ругел тIабигIиял (какарал) ахлакъаздаса ратIалъи, инсаниял сипатал гIодорегIан гьари, напсалъе рокьарал жалаздаса рикIкIалъи, рухIаниял сипатал рещтIин, хIакъикъиял гIелмабазда хурхин, абадиялъе рекъаралда гIамал гьаби, унго-унгояб куцалда Аллагьасе ﷻ къотIи тIубазаби ва шаригIаталъулъ Аварагасда ﷺ нахърилълъин», - абун.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...