Аслияб гьумералде

Берцинал рагIаби

Берцинал рагIаби

Берцинал рагIаби

Шайхул ислам Закариял Ансарияс тасаввуфалъул хIакъалъулъ абун буго: «Гьеб буго жиндалъун напсал рацIцIад гьариялъул ва ахлакъал цIвакизариялъул хIалал лъалеб, абадияб талихIалде щвезелъун загьирги батIинги къачIалеб гIелму», - ян.

 

Имам ГIабдулкарим Абул Къасим ал-Къушайрияс жиндирго тIехьалда суфизабазул бицунелъул хъван буго: «Аллагьас ﷻ гьаб къокъа гьабуна Жиндирго рацIцIадал вализабаздаса. Аварагзабаздасагун расулзабаздаса хадур, лагъзадерил киназдасаго хирияллъунги гьаруна. Умматалда гьоркьоса Жинца гьел хасс гьаруна Жиндир нуразде раккизариялдалъун. Гьел руго халкъалъе кумекчагIилъун. Инсаниятазулъ рукIунел квешал хасиятаздасаги Жинца гьел рацIцIад гьаруна. Жив цо вукIиналъул хIакъикъаталдаса гьезие загьирлъараб Жив вихьиялъул бакIалдеги рахинаруна Жинца гьел. Тавпикъги гьабуна гIибадаталъул адабалда чIезе. Жиндир БетIергьанлъиялъул хIукмаби рачIунеб бакIги бихьизабуна гьезда. Цинги жалги чIана тIадаблъун таклиф гьабураб тIубазабиялда. ТIадегIанас ﷻ Жиндир цIобалдалъун кьураб гIадамал лъикIаб рахъалде руссинариги жидеца камил гьабуна. Хадур жалги Гьесде ﷻ ракI бекун гIодорегIанлъиялдалъун руссана. Гьабураб гIамалалде яги лъугьараб хIалалде жалги ралагьичIо, жидеда лъалеб букIиндалха Гьев ﷻ вугеблъи Жиндие бокьараб гьабулев ва лагъзадеридаса Жиндие ﷻ бокьарал тIасаги рищулевлъун…», - абун.

ГIабдулкаримица хъван руго гьадинал магIнаялъул рагIабиги: «Нужеда лъай, Аллагь ﷻ гурхIаял! Аварагасда ﷺ хадуб асхIабзабазда гурони гIелмуялъул рахъалъ бищун хириялин цогидал бусурбабазда абичIо. Щайгурелъул Аварагасдехун ﷺ сухIбат-гьалмагълъи гьабиялдаса тIадегIанаб хиралъи бусурбабазе гьечIелъул. КIиабилеб гIасру бачIиндал, асхIабзабаздехун гьалмагълъи гьабуразда абуна «табигIиналин». Гьедин цIар тейги жидеда (асхIабзабазда хадуб) цIар теялъул рахъалъ бищун хирияблъун бихьана. Гьезда хадур рачIараздаги абуна «атбагIу ат-табигIина» (табигIуназда нахърилълъунел) абун. Гьезул гIасруялдаса хадуб лъугьана гIадамазулъ рикь-рикьи ва батIи-батIиял хIалал рижи. Диналъул ишазулъ кIвар гьаби бугел цо-цо хассал чагIазда абуна загьидзаби ва гIибадатчагIи абун. Хадуб баккана бидгIа ва къокъабазулъ дандеккунгутIаби. Щивас дагIба базеги байбихьана жидер къокъаялъулал ругин загьидзаби абун. Цинги, Аллагьгун ﷻ жидер напсал ккурал, гъапуллъиялъул нухаздаса жидер ракIалги цIунарал агьлу-суннаталъул хавасал «тасаввуфин» абураб цIаралдалъун киназдасаго ратIалъана. Гьединаб цIар гьал чIахIиял чагIазде абиги машгьурлъана гьижрияб тарихалъул кIинусабилеб соналдаса хадуб заманалда», - абун («Рисалатул Къушайрият»).

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-04-15 (Зул къагIида 1447 с.) №8.


Аварагас ﷺ течIеб как

Тагьажуд ккола боголил какдаса хадуб рогьалил как ахIизегIан балеб суннатаб как. Гьеб цIакъ кIвар бугеб какги буго. Гьеб базе бихьизабун буго рогьалил как базегӀан. КигӀан заманалъ кьижаниги, ворчӀун хадуб ва рогьиналде бараб как ккола тагьажуд.   Нагагьлъун, сапаралъ вугев чияс маркӀачӀул...


Казбекалъулазги гьабуна кумек

Казбек районалъул жамагIаталъ, цо сордо-къоялда жаниб, бажарараб кумек гьабуна тIабигIияб балагьалъул квачIикье ккарал Хасавюрт районалъул гIадамазе.  Гьединаб кумек гьабизе ккеялъул бицун цеве вахъана районалъул имамзабазул советалъул председатель ва гьес киналго ахIана бажарарас бажарараб...


Цоги аманат

Аллагьас ﷻ аманат гьабун кьуразул цояб буго чиясул сахлъи, къаркъала. Диналъги чи ахIула аманат гьабураб цIуниялде. Сахлъи цIуни ккола аманат гьабураб тIубазаби гуребги, чиясул гIумру сах-саламатаблъун букIиналъе сабабги. Аманат абураб жоги ккола нилъехъе кьураб жо кьураб куцалда нахъбуссинаби....


Нужее баяналъе

«БисмиЛлагьалъул» чан хIарп бугеб? – 19. «ХIа» ва «Мим» - аздаса байбихьулел сураби чан ругел? – Анкьго. Щай гьезие ХIавамим абурал цIарал кьурал? – ХIа-мим абун Аллагьас ﷻ гьел сураби байбихьун рукIиналъ. Щал гьел...


Муфтияталда дандчIвана

ДРялъул муфтияталда, муфтиясул гIакълучIужу ГIайна ХIамзатова, дандчIвана СВОялда араб бакI лъачIого тIагIарал рагъулал хъулухъчагIазул улбулгун ва лъудбигун.  Гьединго, гьеб тадбиралда гIахьаллъи гьабуна Россиялъул БахIарчиясул эбел, МахIачхъала шагьаралъул №54 школалъул директор Сапижат...