Аслияб гьумералде

ГIемер букIине кколаро

ГIемер букIине кколаро

Аллагьас щивасе ризкъи цо хIалалда биччалеб букIарабани гIадамаз дунялалда пасалъи гьабилаан. БатIи-батIияб хIалалда рижун БетIергьанас нилъ машгъул гьаруна хIалтIабазде ва ризкъи тIалаб гьабиялде. Цоял рижана мискиналлъун, цогиял гьаруна бечедаллъун, амма кIияздаго гьоркьоб хурхен лъугьунедухъ Аллагьас гьабуна сайгъатал кьей, садакъа гьаби.

 

Садакъа кьеялдалъун бечедасул магIишаталда баракат лъола, тIаде бач1унебги хIалалаб нухдаса щвезе сабаблъун ккола. Аварагас ﷺ абун буго: «Садакъа кьеялъ буголъиялдаса щибго тIаса инабуларо», - ян (Муслим). «Жидеца Аллагьасул ﷻ диналъе гIоло ва мискин-пакъиразе садакъа кьолел муъминал бихьиназеги руччабазеги Гьес ﷻ ц1икIкIинабун кьола ва гьезие Ахираталда тIадегIанаб ажруги гьабула», - ян рехсон буго хирияб Къуръаналда (суратул «ХIадид», 18-абилеб аят).

«Ракьалда тIад цониги рухIч1аголъи гьеч1о гьелъие ризкъи кьезе Аллагьас тIаде босун гурони», - ян буго Къуръаналъул аяталда (суратул «Гьуд»). Гьелъ, магIишат тIалаб гьабулевин абун чи вукIине бегьуларо ц1акъго хъантIаравлъун, хIалал-хIарамалъул агъазго гьеч1ого. Щайин абуни, кинасулго гуро магIишат-яшав гIемер букIиналъулъ баракат бугеб, дагьаб букIиналъулъги жиндирго маслихIат букIунелъул.

ХIадисалда буго: «Къиямасеб къоялъ киналго халкъал данде гьарун ругеб заманалда ТIадегIанав Аллагьас мискиназдехун хитIаб гьабун абула: «Кин нуж рукIарал», - абун. Гьез абула: «Я нижер БетIергьан, дуца мискинлъиялдалъун нижер хIал бихьана, нижеца сабруги гьабуна…», - ян. «Нуж ритIарал руго», - янги абун, БетIергьанас гьел алжаналде лъугьинарула…», - ян (Ибну ХIиббан).

Садакъа гьабиги боц1и-мал буголъиялда къокълъулеб жо гуро. Муъминчияс гьабулеб кинаб букIаниги лъикIаб гIамалги садакъалъун лъугьуна. Жиндиего ва агьлу-хъизамалъе гьабулеб напакъаги садакъалъун хъвала. Садакъаялъ щвей гьабула чияс кIалалъ бицунеб, квералъ гьабулеб рагIи-пишаялдеги. Мисалалъе, цогиясе пайда бугеб берцинаб рагIи аби буго кIалалъ гьабулеб садакъа, кверзул махщалидалъун цогиясе бажарараб гьаби буго кверзул садакъа. Ният халгьабун цогидаб (Аллагьасе ﷻ жиндилъ гьеч1еб) гIамалги лъугьуна жиндихъ кири кьолеблъун.

Ц1аларав чияс малъараб рагIи абуни, гьеб буго бищун хирияб садакъа. Щайин абуни, магIишаталдалъун гьабураб мунпагIат чурхдузе уна, гIелмуялъулаб абуни - рухIалъе ва ракIалъе уна, гьелъ Аллагь ﷻ лъаялде рачунелъул.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...