Аслияб гьумералде

КIиго кири щолел

КIиго кири щолел

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ  лагъзадерида тIадкъан руго батIи-батIиял гIамалал ва щибаб гIамалалъухъ кири кьезе къотIиги гьабун буго. Гьелда тIаде, цо-цо гIамалал ва хасал тайпаби руго жидер гIамалалъухъ кири цIикIкIун кьолел.

 

Абу Гьурайратица бицараб хIадисалда буго: «Адамил лъимадул гьабураб щибаб лъикIаб гIамалалъухъ кири цIикIкIинабула бищун дагьаб анцIго нухалде щвезегIан, амма гьеб (Аллагьасе бокьиялдалъун) анкьнусгоялдеги бахине бегьула. ТIадегIанав Аллагьас абун буго: «КIал кквей хутIизегIан, гьеб (лагъас) Дие гIоло гьабула, гьелъухъ кириги Дицаго кьела гьесие», - абун (ибн Мажагь). БетIергьанас ﷻ  лагъасул гIамалалъе кири цIикIкIинабула, хIатта цо Жиндаго гурони лъалареб къадаралде бахинабунги.

Гьединго руго жидер ишазухъ ва гIамалазухъ кIиго нухалъ кири щолел гIадамазул тайпаги. Имам Ас-СуютIияс данде гьарун руго гьединал гIадамазул баян ва кIиго нухалъ кири кьезе рагIи кьурал гIамалазул хIакъалъулъ биценал.

Аварагасул руччаби. Гьездехун хитIаб гьабун ТIадегIанав Аллагьас ﷻ  абулеб буго (магIна): «Нужер Аллагьасе ﷻ  ва Гьесул Аварагасе ﷺ мутIигIлъарал, цинги лъикIал гIамалалги гьарурал, Нижеца гьелъухъ нужее кьела кIиго нухалъ цIикIкIун ажру», - абун (суратул «АхIзаб», 31 аят).

ТIехь жидехъе рещтIарал, цинги Ислам къабул гьабурал. Гьезул хIакъалъулъ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ  абун буго (магIна): «Цебе Нижеца жидехъе тIехь кьурал, гьелда (Къуръаналда) цебеккун, (цинги) жидеца гьелда иманги лъурал», «Гьел руго жидее (гьабураб гIамалалъухъ) ажру кIиго нухалъ цIикIкIун кьезе ругел», - абун (сура «ал-Къасас», 52 ва 54 аятал).

ЗахIмалъаби раччун Къуръан (гIелму) бичIчIарал чагIи. ГIаишатидасан бицун буго Аллагасул ﷻ  Расулас ﷺ абунин: «Къуръан лъикI лъалев чи (ахираталда) къадруял, рацIцIадал малаикзабигун вукIуна. Къуръан цIалулев чиясе, (гьеб лъазабулелъул) захIмалъаби хIехьон, кIиго нухалъ кири букIине буго», - ян (Бухари, Муслим).

БитIараб хIукму гьабулев чи. ГIамр ибну ГIасидасан бицун буго Аварагас ﷺ абунин: «ХIакимас, ижтигьадги гьабун хIукму къотIараб мехалъ, гьабураб хIукмуялъулъ витIунги ккани, гьесие кIиго кири щола. Амма жиндирго ижтигьадги хIалтIизабун хIукму къотIулелъул мекъи ккани, (гьеб мехалъги) гьесие цо (бугониги) кири щола», - ян (Бухари, Абу Давуд).

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...