Аслияб гьумералде

Балагьлъун кквечIого букIине

Балагьлъун кквечIого букIине

Как ккола диналъул хIуби, Аллагьасде гIагарлъиялъул бетIер, гIибадат-тIагIаталъул тIадегIанлъи. Аварагас абулеб буго унго-унгояб къагIидалда какил кIвар гьабулесе Аллагьасда аскIоб къотIи бугила гьев Алжаналде лъугьинавизе. Абулеб буго, паризаял какал капаратлъун чIолила, чIахIиял мунагьал гьаричIебгIан мехалъ, гьезда гьоркьор лъугьарал гIисинал мунагь-хатIабазе.

 

Имам Гъазалияс рехсолеб буго аварагасул ﷺ хIадис: «Къиямасеб къоялъ лагъасул гIамалалдаса тIоцебе жинде раккулеб жо буго как. Гьелъул иш тIубараблъун батани – цогидаб гIамал къабул гьабула, мукъсанаблъун батани – цогидал гIамалалгун нахъруссинарун кьола», - ян («ИхIяу гIулуму ддин»).

Какилъги аслияб жо буго ракI Аллагьасда ﷻ хурхун, хIузуралда букIин. Аварагас ﷺ абун буго: «РакIалда хIузур гьечIев чиясул какиде Аллагь ﷻ валагьуларо», - ян. Щивасда лъала как балелъул пикраби кире щолелали ва гьеб букIинабизе лъугьиндал щиб хIал букIунебали. Абула, мажгиталде жамагIат гьабун как базе Жиндие ﷻ гIоло рачIарал чагIазул хIурмат гьабун Аллагьас ﷻ гьениб баразул как къабул гьабулинги абун. ЧIахIиял чагIазги абула, жамагIаталда как балелъул, гьенив вугев щивасул халгьабулила лъил ва щиб бакIалда рекIелъ Аллагь ﷻ вукIаравин абун, цинги гьеб дандеги босун, киназулго как хIузуралда бараб гIадин къабулги гьабулин.

Щивасда лъалеб жо буго жамагIаталда бараб какил кири цIикIкIинабулеблъи. «ЖамагIаталда бараб какил кири, живго жиндаго чIун баралдаса, къоло анкьго нухалъ цIикIкIинабун хъвала», - абун буго хIадис (Бухари).

Гьелда тIадеги, гIемерал хаслъаби руго жамагIат гьабун как байдал бусурбанчиясе кьолел. ГIусман-асхIабас бицун буго аварагас ﷺ абунин: «Боголил как жамагIат гьабун барав чи бащдаб сордо гIибадаталда тIамурав кинниги вукIуна, рогьалилабги бани - тIубараб сордого тIамурав гIадин лъугьуна», - ян (Муслим).

Анасидасан бицараб хIадисалдаги буго: «ЖамагIаталда паризаяб как базе хьвадулев чиясе гьеб хIежалда релълъун буго, суннаталде хьвади абуни - гIумра гIадин буго», - ян (ТIабарани).

Цере аразул какде букIараб кIвар нилъеда бичIчIиларо, жамагIаталда гьеб бачIого борчIи гьезие балагьлъун букIана.

Цо нухалъ боголил как жамагIаталда базе рес рекъечIеб мехалда ГIумар-асхIабасул вас ГIабдуллагьица гьелъул бакIалда, капаратлъун букIине, рогьинегIан такрар гьабун бан буго гьеб как.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...