Аслияб гьумералде

Нахъбуссунеб лъикiлъи

Нахъбуссунеб лъикiлъи

Исламалъ кидаго нилъ ахIула эбелинсуе лъикIлъи ва хIурмат гьабиялде. Кидаго асар кьоларо къуръан ва хIадисалъ, гьеб жо ракIалда хъатIизе букIине. Амма гIумруялда ккарал цо-цо лъугьа-бахъиназ чи кIантIизавула ва гьев чияс жиндирго гIумру битIизабиялде кIвар кьола. Кинабниги жоялъулъ Аллагьасул хIикмат буго. Гьабги буго цо васасул гIумруялъул ккараб мисал, эбел-инсуе лъикIлъи гьабиялъ жиндие баракат щвеялъул.

Эмен ва вас рокъор рукIаго, нуцIида кIутIула. Вас нуцIа рагьизе вахъиндал, кIалтIа чIун ватула лъаларев чи. БетIергьабазухъа изну босичIого ва салам кьечIого гьев жаниве вачIуна ва инсуе хIинкъи кьезе лъугьуна. «Мун Аллагьасукьа хIинкъа. ТIадбуссинабе дуца дие кьезе букIараб налъи! Дун гIезегIан мехалъ сабру гьабун чIана, гьанже дир сабру лъугIана», - ян абула гьес.

Эмен рахIатхун лъугьун вукIин вихьидал, вас пашманлъула. Гьес дов чиясда гьикъула кигIанасеб къадаралъул налъи кьезе кколеб букIараб дир инсуцайилан. «90 азарго реал», - ян кьола жаваб. Васас абула: «Дуца дир эмен те. Аллагьасул изнуялдалъун дица дуе гьеб бецIизе буго», - ян. Васас, цогидаб рокъовеги ун босун бачIуна чIужу ячине данде гьабун букIараб 70 азарго реал. Гьес гIарац дов чиясе кьола ва къотIи гьабула хутIараб налъиги бецIилин. Инсуца дов чиясда гьарула васасул гIарац босичIого теян, гьев гьелде цIакъ хIажат вугин.

Инсуца дагьаб заман кьеян гьарулеб букIана. Дов чи тIирун чIана ва васасул гIарац нахъе кьоларо. Васас инсул надалда убачги гьабун абула: «Я, дир эмен! Дур хIурмат ва тIадегIанлъи кIудияб буго гIарцудасаги. Щибаб жоялъе букIуна жинди-жиндир заман. Нилъеда тIадаб буго сабру гьабун чIезе». Инсуца васасда абула: «Дун дудаса разияв вуго, дир вас. Дун дуда тIаса лъугьарав вуго. Аллагь тIаса лъугьаги дудаса», - ян.

Заманалдасан гьесухъе вачIуна гIемераб мехалъ вихьун вукIинчIев цо гьудул. Гьес бицуна пуланав бечедав чиясе къваригIун вугин ракIбацIадго хIалтIи гьабулев чи. Гьединав чилъунги жинда дур вас вихьулев вугин. ГIемер вохиялъ васас абула гьеб инсул дугIаялъул баракат бугин. ТIадегIанав Аллагьас гьесул дугIаялъе жаваб гьабунин. Кинабго рецц Аллагьасе бугин. Гьеб хIалтIиги букIана инсул хутIараб налъи бецIизе ва хъизан гьабизе гIураб гIарац щолеблъун.

Эбел-инсуе гьабураб лъикIлъиялъ нилъ рачуна хайиралде. Гьеб лъикIлъиги гьаб дунялалдаго тIадбуссун бачIине буго. Гьединго нилъеца гьезие квешлъи гьабуни, гьебги нилъехъего тIадбуссун бачIине буго. ХIадисалда буго: «Щаклъи гьечIого лъабго чиясул дугIа къабул гьабула: инжит гьавурасул, сапаралда вугесул ва эбел-инсуца лъималазе гьабураб». Нилъеца кидаго хIаракат бахъизе ккола эбел-инсуе лъикIлъи гьабизе. Гьелдалъун бихьизе буго дунялалъул талихIги.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ,

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...