Аслияб гьумералде

Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапаралда кинав вукIарав Авараг ﷺ?

Сапар буго инсанасул гIумруялъул цо бутIа. Муъминзабазе гьеб ккола Аварагасдаса мисал босун ТIадегIанав БетIергьанасде гIагарлъизе рес щвейги. Нилъер Аварагас нухда кинаб хьвада-чIвади букIине кколебали малъа-хъваял гьари гуребги, жиндирго мисалалдалъунги бихьизабуна сапаралда ругелъул къайицадахъазулгун щиб гьоркьоблъи, ургъел, кумек ва гьелдаго цадахъ Аллагьасдаса хIинкъулев нухлул гьудул кинав вукIине кколебали. Сапаразда гьес гьарурал ишал лъугьана суннатлъун — умматалъе кидаго мисал босизе тараб нухлъун.

 

Сапаралде вахъин

Бокьараб сапар МухIаммад аварагас ﷺ байбихьулаан дугIа-алхIамалдалъун. Гьедин вахъунелъул руччабазул цоял цадахъ рачине ккараб мехалъ, гьес ﷺ гьезда гьоркьоб можоро рехулаан, гьебги букIунаан ритIухълъи ва гьездехун бугеб бербалагьи гьабиялъул иш. Умму Саламаца бицун буго, Аварагас ﷺ рокъоса къватIиве вахъунеб мехалъ, Аллагьасде ﷻ аманатги гьабун, хасаб дугIа цIалулаанин (магIна): «Я Аллагь ﷻ, дица Дудалъун цIуни гьарулеб буго дун къосун ккеялдаса яги къосун ккезавиялдаса, дун хъущтIиялдаса (битIараб нухдаса тариялдаса) яги хъущтIизавиялдаса, дица зулму гьабиялдаса яги дида гьабиялдаса, дица жагьилаб гIамал гьабиялдаса яги дидехун гьединаб гьабиялдаса», - абун. (Абу Давуд, Тирмизи)

Нилъер заманалда гIемерисеб мехалда сапаралде хIадурлъи байбихьула билет босиялдаса, щваралъуб рукъ, гостиница балагьиялдаса, гьединго, цадахъ босулелъул хал-шал гьабиялдаса. Амма гIемерисеб мехалда кIочон тола бищунго кIвар бугеб хIадурлъи - ният бацIцIадаб букIин, Аллагь ﷻ кIочонгутIи. Гьанже заманалъ сапаралда вугесе камураб жо гьечIо, киналго санагIалъаби руго, амма гьединал санагIалъабаз кIочон тезе бегьуларо Халикъасул ﷻ нилъер хIал лъай, Гьесдаса пикраби руссунгутIи. Аварагас ﷺ рокъоса къватIиве вахъинегIан Аллагьасде ﷻ аманат гьабулеб букIана жиндирго мина-къайи, лъимал-хъизанал, гьелъ нилъецаги сапар байбихьизе рекъараб буго гьес ﷺ нахъе тарал малъа-хъваяздалъун.

Сапаралде вахъунелъул Аварагас ﷺ кIвар кьолаан заманалде ва цадахъ рилъунел гьалмагълъиялде. ТIаса бищулаан радал нухда вахъин, гьелъие бищунго лъикIаб къолъунги рикIкIунаан хамиз къо. Цо чи живго сапаралъ вахъинги беццулароан, нухдаги цояв нухмалъи гьабулевлъун тIаса вищейинги абулаан. (Абу Давуд)

 

Вахъун хадуб

Нухда Аварагасул ﷺ хьвада-чIвади букIана Аллагьасукьа ﷻ хIинкъи цIунараб. ГIабдуллагь ибн ГIумарица бицун буго Аллагьасул Расулас ﷺ, вараниялда рекIун сапар байбихьулелъул, лъабго нухалъ Аллагьу Акбар абун такбир бачунаанин ва хадуб цIалулаанин: «СубхIана ллази саххара лана гьаза вам а кунна лагьу мукъринина ва инна ила раббина ламункъалибуна. Аллагьумма инна насъалука фи сафарина гьаза ал-бирра ва т-такъва, ва минал гIамали ма тарза. Аллагьумма гьаввин гIалайна сафарана гьаза, ва атIви гIанна бугIдагьу. Аллагьумма анта с-сахIибу фи с-сафари вал халифату вил агьли. Аллагьумма инни агIузу бика мин вагIсаи с-сафари, ва кабатил манзари ва суил мункъалаби фил мали вал агьли».

МагIна: «Гьаб (рекIунеб жо) нижее мутIигI гьабурав (Аллагь) вацIцIадав вуго киналниги жиндие рекъоларелщинал сипатаздаса нижги рукIун ругеб хIалалде гьелде хIалкIолареллъун, ниж руссине руго нижер БетIергьанасде. Я нижер Аллагь, нижеца Дуда гьарулеб буго нижер сапаралъулъ лъикIлъи ва такъва, гIамалги жиндаса Мун рази вугев. Я Аллагь, бигьа гьабе нижее гьаб сапар ва гьелъул манзилги къокъ гьабе. Я Аллагь, Мун вуго сапаралда цадахъ вугев ва агьлуялъе гьел цIунулев халипалъун. Я Аллагь, Дудалъун цIуни гьабулеб буго сапаралъул захIмалъабаздаса, пашманаб бербалагьиялдаса (дандчIван бихьизе рес бугеб) агьлуялъулъгун боцIиялъулъ квешлъи ккеялдаса», - абун (Муслим).

Аварагас ﷺ кутакаб адаб, къимат, хIурмат гьабулаан рекIарал хIайваназул ва хасаб ургъелги хъулухъги гьабулаан гьезие. Гьес нахъчIвалаан лъалхъун чIараб хIайваналда тIад гьелъул мугъ, тахта гIадин хIалтIизабун, халатккун гIодов чIезе. Гьес абулаан: «Гьал кIалъазе лъаларел хIайваназул рахъалъ нуж Аллагьасдаса ﷻ хIинкъа. Гьел сах-саламат ругеб мехалъ рекIа гьезда...», - абун (АхIмад). Жеги абулаан жиндир къайимлъиялда бугеб хIайваналъе гIакъуба гьаби кIудияб мунагь бугин абунги.

Нилъер заманалда абуни рекIунел хIайваназул бакIалда руго машинаби, самолетал. Аллагьасул Расулас ﷺ рекIунел хIайваназул лъикIаб къимат гьабизе ахIаралда релълъун, нилъеда тIадаблъун ккола жакъа бугеб транспорталъулги ургъел гьаби, хвара-тараб бугищали къачIалесухъе бачин, моторалъе гъая кколедухъ хIал кьунгутIи, заман щвараб киданиги къачIазе тохлъунгутIи.

Амма нилъер гIайибалда бараб гурелдалъун нухда хутIани, авария ккани, мотор чIани, яги цогидаб ракIалда гьечIеб иш лъугьани, ракIалда чIезабила гьеб гIицIго талихIкъосараб ишлъун гуреб, Аллагьасул ﷻ рахъалдасан бугеб хIалбихьи, сабру ва Гьесде ﷻ таваккал гьаби бугеблъи. Аварагас ﷺ малъулеб букIана захIматаб хIалалде ккедал сапаралда вугев чияс шаргIалъул нух цIунизе кколеблъи, цогидазда ццим бахъун чIвачIвади гьабизе бегьулареблъи. ХIаракат бахъила жиндасаго бажарулеб гьабун тIаде бачIараб масъала борхизе, хвараб къачIазе, гьарила Аллагьасда ﷻ кумек. КIочене тоге, мотор чIаниги, Аллагь ракIалдаса ине бегьулареблъи.

 

Сапаралда дугIа

ЭхедерегIелалде вахунелъул Аварагас ﷺ лъабго нухалъ «Аллагьу Акбар» абун цIалулаан такбир, эхебе бугеб рахъалде унелъул тасбихI бачун «СубхIанаЛлагьги» абулаан. ХIухьбахъизе чIараб мехалъ, бакIалъул квешлъиялдаса цIуни гьарунги дугIа гьабулаан. Сапаралда ралаан какалги. Ункъо ракагIаталъул паризаял какалги кIи-кIи ракагIатккун ран къо гьарулаан. Гьелдалъун Аварагас ﷺ бихьизабуна сапаралда нухлуласе шаргIалъ бегьизабун бугеб бигьалъи. Суннатал какал рекIун унеб жоялда тIадгоги ралаан, ралелъул Къиблаялъул рахъалде вуссун гьечIониги. Гьединго ихтияр кьуна сапаралда вугев чиясе захIмалъи гьабичIого кIал кквечIого тезеги. Абуна жиндиего захIмалъиги гьабун сапаралда кIал кквей лъикIлъилъун гьечIин (Бухари). Щайин абуни, нилъер дин буго черхалъе гIазаб-гIакъуба гьаби гуреб, Аллагьасул ﷻ рахIматалда нахърилълъин. Сапаралда ругел ратани, кьурал бигьалъаби хIалтIизаре, гьеб загIиплъи гуро, дуе бигьалъи бокьарав Аллагьасе ﷻ мутIигIлъи буго.

Чи захIматаб хIалалда яги сапаралда къватIив вугеб мехалъ, жиндехунго кьвари бихьизаби, ТIадегIанас ﷻ рес кьурал рухсабаздаса инкар гьаби такъвалъун гуро букIунеб. Гьелъул гIаксалда, Аллагьасе ﷻ бокьула лагъас шукруялдалъун ругел ресаздаса пайда босулеб мехалъ. Ибну ГIумаридасан бицараб хIадисалда Аварагас ﷺ абун буго: «Аллагьасе ﷻ бокьула Жинца кьурал рухсаби хIалтIизарулеб мехалъ, гIасилъи гьаби рихунебго гIадин», - абун (АхIмад).

Цоги, сапаралда суннатаб, гьабизе кIвар цIикIкIараб гIамалалдасан буго дугIа. Сапаралда вугесул дугIа Аллагьасе ﷻ бокьулеб, Гьес къабул гьабулеблъун бугелъул. «Щаклъи гьечIого къабул гьабулеб лъабго дугIа буго: жинда зулму гьабурасул, сапаралда вугесул ва эбел-инсул жидер лъимералъе дугIа», - ян буго Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда.

 

Унеб бакIалде щвей

Аллагьасда ﷻ цIуни ва баракат гьарун Аварагас ﷺ унеб бакIалде щведал хасал дугIаби цIалулаан. ГIабдуррахIман ибну МугIис ал-Асламица КагIбул АхIбаридасан бицун буго цо хасаб бакIалде (шагьар, росу яги нухда сордо базе чIедал) Аварагас ﷺ цIалулеб букIараб дугIа: «Аллагьумма рабби с-самавати с-сабгIи ва ма азлална, ва раббил арзина с-сабгIи ва ма акълална, ва рабби ш-шаятIини ва ма азлална, ва рабби р-рияхIи ва ма зарайна, фаинна насъалука хайра гьазигьил къаряти ва хайра агьлигьа, ва нагIузу бика мин шарригьа ва шарри агьлигьа ва шарри ма фигьа».

МагIна: «Я Аллагь, анкьго зобалъулги гьез рагIад гьабулебщиналъулги БетIергьан, анкьабго ракьалъулги гьез баччулеб жоялъулги БетIергьан, шайтIабазулги гьез къосинаруразулги БетIергьан, гьуразулги гьез риха-рикьизарурал жалазулги БетIергьан! Нижеца Дуда гьарулеб буго гьаб росдалги гьелъул гIадамазул лъикIлъиялдаса. Ва нижеца Дудалъун цIуни гьарулебги буго гьаб росдал, гьелъул агьлуялъул ва гьелда жаниб бугеб жоялъул квешлъиялдаса», - абун (Байгьакъи, ХIаким).

Нилъер заманалда абуни, гостиницаялде, ижараялъ босараб рокъоре, хIатта гIагарав чиясул рокъоре лъугьиндал, тIоцебесеб иргаялда, кондиционер бакула, Wi-Fi бугищин цIехола, регулеб бакIалъухъ халгьабула, амма кIочон тола Аллагьасде ﷻ руссин, сах-саламатго рачиналъухъ шукру гьаби. Аллагьасул Расулас ﷺ абуни, бокьараб бакIалде лъугьунелъул, тIоцебесеб иргаялда, гьабулаан дугIа. Жакъа нилъехъ халгьабуни, дунялалъул батIи-батIиял, лъазего лъаларел бакIазда гьаб суннат цIуни букIина гIицIго рухIияб гуребги черхалъулги квешлъиялдаса цIунилъун.

Аллагьас ﷻ бигьалъи гьабеги щивасе сапаралда ва кире кканиги рекIел мурадал тIуран сах-саламатго тIадги руссаги! Амин!

 

(Хадусеб букIине буго)

 

Мухаммадариф Курбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...