Аслияб гьумералде

ГIарафа къо

ГIарафа къо

ГIарафа къо ккола исламалда бищунго кIвар ва баракат бугеб, Аллагьасул ﷻ рахIмат муъминзабазде рещтIунеб къолъун. ЗулхIижа моцIалъул 9 къоялде ккараб гьеб къо щивав бусурбанчиясе кIвар бугеблъун ккола. Гьеб къоялъ ГIарафа магIарда хIажизабаз жидерго ракIал ТIадегIанав Аллагьасде руссинарула, мунагьал чури ва баракат тIалаб гьабула.

 

ГIарафа къоялъ, МухIаммад аварагас ﷺ къо-лъикI гьабиялъул хIеж борхулаго, рещтIана Къуръаналъул ахирияб аят (магIна): «Жакъа Дица нужее дин тIубазабуна, нужее кинабго шаригIат баян гьабуна, хIалалаб-хIарамаб бицана. Ва нужее дир нигIматги тIубазабуна, нужее динлъун букIине Дун разиябги исламияб дин буго», - ян. (Сура «Ал-Маидат», аят 3)

ХIажизабазе ГIарафа магIарда чIей (вукъуф) ккола хIежалъул тIадаб хIуби, гьеб гьечIони хIеж рикIкIунаро. Аварагас ﷺ абуна: «ХIеж ккола ГIарафат», - ян, ай гьелъул кIваралда тIадчIейги гьабун.

ГIарафа къоялъул руго гIемерал хиралъаби. Гьеб къоялъ Аллагьас ﷻ, цогидал къояздаса цIикIкIун, лагъзал цIадудаса эркен гьарула. Аварагас ﷺ абуна: «ГIарафа къоялдаса цIикIкIун лагъзал Аллагьас цIаялдаса эркен гьарулеб къо гьечIо, хIакълъунго, Гьев ﷻ гьезде гIагарлъула (рахIмат рещтIуна) ва малаикзабазда цебе гьездалъун (ГIарафа магIарда чIараздалъун) чIухIула», - ян. (Муслим)

ХIежалда гьечIез гьеб къоялъ кIал ккуни араб ва бачIунеб соналъул мунагьал чурула, хасго къадеялдаса хадуб гьабулеб гIибадаталъул хасаб къимат букIуна. Гьеб къоялъ Аллагь ﷻ гIемер рехсела: «Лаилагьа иллаллагьу вахIдагьу ла шарика лагь, лагьул-мулку ва лагьул-хIамду ва гьува гIала кулли шайин къадир» абураб зикруялдалъун.

Гьеб къоялдаса тIубараб пайда босизе ккани лъикIаб буго кIал кквезе (хIежалда гьечIезе), каказда тIад чIезе хIаракат бахъила, мунагьал чури ва лъикIлъи гьарила, Къуръан цIалила, гIемер Аллагь ﷻ рехсела, садакъа кьела, гIумруялда тIад ургъила, тавбу ва иман щула гьабила.

ГIарафа къо ккола мунагьаздаса вацIцIалъизе, Аллагьасде ﷻ гIагарлъизе ва гьесул рахIмат щвезе рес кьолеб гIуж.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъер дугIа къабул гьабеги, мунагьал чураги ва гьеб къо ракIбацIцIадаб гIибадаталда тIобитIизе рес кьеги. Амин.

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...