Аслияб гьумералде

ЛъикӀаб гӀамал

ЛъикӀаб гӀамал

Инсанасул лъикӀаб гӀамал-хасият исламалда цIакъ беццараблъун буго. ТӀадегӀанав Аллагьас гӀадамазда амру гьабуна щуго как баялда, рамазан моцӀалъ кӀал кквеялда, закагӀат бахъиялда, хӀеж борхиялда ва цогидалги диниял парзал тӀуразариялда цадахъго гӀамал-хасият берцинлъизабеянги.

 

Диналда цадахъ лъикӀаб гӀамал-хасияталъ инсан унго-унгояб иманалде вачуна ва гьев гьелъ Аллагьасдаса ﷻ хӀинкъулевлъун, пикру бацӀцӀадавлъун гьавула. Муъминчияс, гӀибадаталдаго цадахъ лъикӀаб гӀамал-хасиятги бихьизабуни, гьев Аллагьасе ﷻ вокьулевлъун лъугьине бегьула, гьелъ ахир-къадги Гьесде гӀагар гьавула.

Инсанасул лъикIаб гӀамал-хасияталъ бихьизабула нилъ рижарав Халикъасулгун кинаб гьоркьоблъи бугебали. ЛъикIаб гIамал-хасият бугев, рахIаталда вугев мехалдаго гIадин, къварилъи тIаде щведалги ццим къулчIаравлъун вукIуна. Къуватавлъун рикӀкӀуна ццин бахъиндал сабру гьабизе кIолев.

Абу Гьурайратица бицараб хIадисалда буго: «Къуватав чи кколаро гӀемерал чагӀаздаса бергьарав, гьев ккола ццим бахъиндал жиндаго тIад кверщел гьабулев», - ян (Бухари).

Бусурбанчияс хӀаракат бахъизе ккола жиндирго гӀамал-хасият кIванагIан лъикӀлъизабизе. Амма гьелда тIад хIалтIи гьабун гурони, гьебги лъикIлъуларо.

Берцинаб гIамалалъе щивав муъминчиясе бищун мисалияв инсанлъун ккола МухӀаммад авараг ﷺ. Гьесдаса мисал босизе ккани, лъазе ккола гьесул лъикIал тIабигIатал ва хаслъаби.

МухӀканго гьесул гӀумруялъул цӀех-рех гьабиялдалъун инсанасул рухӀалъе лъикӀаб асар кьола. Гьелдаго тIаде, гIелму лъалъани, лъикIаб пихъги кьола. ТӀадегӀанав Аллагьас Жиндирго Аварагасе ﷺ кьуна бищунго лъикӀаб гӀамал-хасият.

Юнусица бицана, ХӀасаница абунин: «ГIаишатида гьикъанила Аварагасул ﷺ гӀамал-хасият кинаб букӀарабин абун. Гьелъ жаваб кьунила, гьесул гӀамал-хасият Къуръан букӀанин», - абун. (АхӀмад)

Муъминчияс гӀамал-хасият бихьизабизе ккола гӀумруялъул гӀемерал рахъазда: жидерго рагӀабаздалъун, ишаздалъун, Аллагьасе гьабулеб гӀибадаталдалъун, хъизан-агьлуялъулгун, гьудулзабазулгун ва сверухъ ругелщинал гӀадамазулгун гьоркьоблъиялдалъун.

Абизе бегьула нилъер тӀолабго дин лъикӀаб гӀамал-хасияталда бараб бугин. Инсанасул иман камиллъуларо, гӀамал-хасият лъикӀлъизабичIони.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...