Аслияб гьумералде

Кумекалъе ратарал

Кумекалъе ратарал

Кумекалъе ратарал

Аварагасул асхIабзабазул 14 асхIаб вукIана чIегIераб тIомалъул. Гьезулги Аварагасде бищун гIагарал рукIана:

 

Билал - исламалда тIоцевесев будун. Исламалъул нухда мушрикиназдаса гIемераб гIакъубаги бихьана гьесда. Абубакар-асхIабас тархъанги гьавуна. Билалица какал ахIана хирияб Маккаялдаги, Мадинаялдаги ва Иерусалималдаги. Аварагасда ﷺ цадахъ ва гьев ﷺ ахираталде накълулъидал гIемерал гъазаватаздаги гIахьаллъана. Цо къоялъ Аварагас ﷺ гьесда абуна: «Дур хIатIазул хьвадиялъул сас дида ﷺ Алжаналъуб рагIана», - ян. Билалил хоб Дамаскъалда буго.

Нажаши (Негус) – цевехун Авараг ﷺ вихьичIониги ва гьесул асхIаблъун вукIинчIониги, ХIабашиялъул пача Нажаши ккола Мадинаялда аварагасдасан ﷺ жаназалъул как барав чи. Мушрикиназул рахъалдасан тIаде кIанцIи цIикIкIун Аварагас ﷺ ХIабашиялде ритIарал бусурбабазе жанир чIезе бакIги кьуна Нажашица. Гьелгун дандчIваралдаса исламги босана гьес.

Усама ибн Зайд – Зайд ибн ХIарисатилги ва Аварагасﷺ хахизаюрай Умму Айманилги вас ккола гьев. Аварагасе ﷺ гьев кутакалда вокьулаан. 15 сон байдал, жиндиего бокьун, Хандакъалъул гъазаваталдаги гIахьаллъана. 20 сон барав Усама, византиялгун рагъулел рукIарал бусурбабазул цевехъанлъунги тана Аварагасﷺ.

ВахIши – гьев вукIана хIабашиязул лагълъун. Ислам къабул гьабизегIан УхIудалъул гъазаваталда Аварагасул ﷺ имгIал ХIамзат чIвана гьес. Аварагас ﷺ гьесул шагьадат къабул гьабуна, амма имгIал чIвай кIочене кIвечIого, вихьулев бакIалде вачIунгеян абуна. Авараг ﷺ ахираталде накълулъидал Абубакар-асхIабас, Халид ибн Валидил бетIерлъиялда бугеб бусурбабазул бо битIана Ямамалде мутIигIлъуларел тухумал мукIур гьаризе. Аварагасул ﷺ имгIал чIвараб хочоца гьенив гьересияв авараг Мусайламаги чIвана ВахIши ибн ХIарбица.

СагIд ал-Асвад – гьес Аварагасда ﷺ абуна тIом чIегIераб букIиналъ цонигияс яс кьолей гьечIин абун. Цинги Аварагас ﷺ жиндирго асхIаб ГIамрихъе витIана гьев яс гьарун. Гьесул яс йикIана кутакалда берцинай. ЧIегIераб кьералъул СагIд вихьидал, ГIамрил ццин бахъана ва гьес гьариялъе жаваб гьабичIо. Цинги ясалъ Аварагасул ﷺ гьариялъе жаваб гьабичIого теялдаса хIинкъун, инсуда абуна жий гьесие инилан. Цинги бусурбаби гъазаваталде ахIизе байбихьана. Аварагас ﷺ нахъе витIичIого вукIине гьумерги бахчун вагъулев вукIана СагIд. Гьеб гъазаваталда СагIд шагьидлъана. Гьевги кодов ккун Аварагас ﷺ абуна: «Дун гIодулев вукIана вокьулев асхIаб нилъедаса ватIалъанин абун, амма Аллагьасда ﷻ аскIоб гьесул даража бихьидал дун гьимана», - ян.

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...