Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ Къуръан цIали

Аварагасул ﷺ Къуръан цIали

Аварагасул ﷺ Къуръан цIали

Къуръан ккола Аварагасе ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кьураб бищун кIудияб мугIжизат. Щайин абуни, гьеб кколеб букIун Аллагьасул ﷻ калам. Гьениб бугелда релълъараб цо аятгIаги гIуцIизе, жакъа къоялде щвезегIанги, лъихъаго бажаричIо ва бажаруларо. Къуръан цIали ккола гIибадат ва гьелъул щибаб хIарп рикIкIун ТIадегIанав Аллагьас ﷻ анцIго кириги хъвала.

 

Къутайбат ибну СагIидица бицана Лайсидасан ва гьесги ибну Аби Мулайкатидасан ва гьесги ЯгIла ибну Мамликидасан, гьес гьикъанин Умма-Саламатида Аварагасул Къуръан цIали кинаб букIарабин абун. Гьелъ абула Аварагасул ﷺ цIали букIанин хIарп-хIарп ккун баянаб куцалда цIалулеб. 

Къатадатица бицана жинца Анас ибну Маликида гьикъанин Аварагасул ﷺ Къуръан цIали кинаб букIарабин абун. Анасица абула цIазабун цIалулаанин. Гьелъул магIна ккола Аварагас ﷺ цIазабизе кколеб бакI цIазабулеб букIанин абураб. (Имам Тирмизи)

Умму-Саламатидасан бицараб хIадисалда буго: «Аварагас ﷺ Къуръан цIалулеб букIана гьоркьоб къотIизабун. Цин цIалулаан «АлхIамдулиллагьи раббил гIаламин» ва хадув чIолаан, цинги байбихьулаан «АррахIмани ррахIим» абун ва чIолаан, цинги цIалулаан «Малики явми ддин» абун. Къокъ гьабун абуни, щибаб аят хурхинабун цIаличIого, батIатIезабун цIалулеб букIанин», - ян.

Имам Тирмизияс бицараб хIадисалда буго: «Умму-Гьаниица бицана къаси мехалъ Аварагасул ﷺ Къуръан цIали рагIулеб букIанин жий бусада егун йигеб мехалдаги», - ян. Гьелъул магIна ккола гьижра гьабизегIан цебе, къасимехалъ, КагIбаялда аскIоб Аварагас ﷺ как балеб гьелда рагIулеб букIанин абураб. 

Къатадатидасан бицараб хIадисалда буго: «Аллагьас ﷻ аварагзаби ритIичIо берцинал гьурмалгун ва берцинал гьаркьалгун, ай кинабго цадахъго кьун гурони. Нужер Авараг ﷺ вукIана берцинаб гьумералъул ва берцинаб гьаракьалъул. Гьес ахIун (кечI гIадин) Къуръан цIалулеб букIинчIо», - ян.

Ибну ХIажар Гьайтамияс абуна Аварагас ﷺ Къуръан цIаличIин кечI гIадин ахIун, амма цIаланин берцинаб бакъаналда (махраж гьабун).

Ибну ГIабасидасан бицараб хIадисалда буго: «Цо-цо мехалъ Аварагасул ﷺ гьаракь азбаралде рагIулаан гьев рокъов жанив вукIаго», - ян.

Цо-цо мехалъ абураб рагIул магIна ккола, гIемерисеб мехалъ Аварагас ﷺ Къуръан бигьагьабун цIалулаанин абураб. Гьеб рагIулеб букIана лъикI гIенеккарав чиясда.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...