Аслияб гьумералде

Сафар моцI

Сафар моцI

Сафар моцI

Сафар ккола, исламияб календаралда рекъон, кIиабилеб моцI. ГIараб мацIалдаса буссинабидал, «Сафар» абураб рагIул магIна ккола «тIогьиллъи» абураб. Цоги рагIиялда бан, «сафар» абураб рагIи буго «исфар» абураб масдаралдасан бачIараб. Гьелъул магIнаги ккола «чIобоголъи» абураб.

 

Ислам бачIинегIан гьеб моцI букIунаан гъутIбузул тIанхал тIогьиллъараб хаслихълъиялъул заманалда. Гьеб заманалда гIарабал сапаралъ рахъунел рукIун руго. Гьелдасан бачIараб буго гьеб цIарги. Жеги гьеб моцIалда абула «Сафар Ал-Музаффар», «Сафар Ал-Хайр» абунги. Гьелъул магIнаги ккола «БитIккеялъул моцI» абураб.

Нилъер гьаб заманалдаги камуларо гIадамал сафар моцIалде гIайибал чIвалел, ай ригьнал гьаризе, сапаралъ рахъине лъикIаб гуреб моцIлъун рикIкIуна. Гьеб буго жагьилаб заманалда рукIарал гIарабияздаса бачIараб мекъаб пикру.

Нилъеда бичIчIизе заман щун буго квешал къоял, моцIал ва гIужал рукIунареблъи. Квешлъаби тIаде цIала ва Аллагьасул ﷻ нилъеда ццим бахъуна нилъеца мунагьал гьаридал. Мунагьал гьарулаго араб заман къиямасеб къоялъ нилъее гIазабалде сверула ва гьелъул гIаксалда, лъикIлъаби гьарулаго араб заман рохелалде сверула.

Сафар моцI квешаблъун букIарабани хирияв Аварагас ﷺ гьеб моцIалъ Хадижатилгун ригьин гьабилароан.

Гьеб моцIалъ гIемерал лъугьа-бахъиналги ккана. Масала, ГIали-асхIабас ФатIимат ячана, ГIамр ибн ГIасица, Халид ибн Валидица, ГIусман ибн ТIалхIатица ислам босана. Гьелдаго цадахъ сафар моцIалъ ккана гIемерал гъазаватал. Хирияв Аварагас ﷺ гьеб моцIалъ гьабуна гьижра.

Гьанже щивас кьеха суал: «Лъида хадурги рилълъун ва лъил нухги ккун нилъеца гьединал, ай кьучI гьечIел жал гьарулел?» Хирияв Аварагасул ﷺ ва гьесул асхIабзабазулищ ялъуни ислам бачIиналде рукIарал жагьилзабазулищ?

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги квешаб нухги тун лъикIалде руссине. Амин!

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...