Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ гьими

Аварагасул ﷺ гьими

Аварагасул ﷺ гьими

 

Авараг нилъеда релълъарав вукIаниги жанисан малаик гIадинав вукIана.

Аварагасул гьумер, вохидал, гвангъулаан сардилъ кунчIараб моцӀ гӀадин, бацIцIадаб матIу гIадин.

 

Аварагасул ﷺ ццим бахъин яги рохел гьурмада загьирлъулеб букӀана гьесул рухӀалъул бацӀцӀалъиялъ. Ццим бахъиндал гьесул кIаркьаби багӀарлъулаан.

Гьесул киданиги ццим бахъинчӀо ТӀадегӀанав Аллагьасе ﷻ гӀоло гурони. Гьесул гIумруялдасанги нилъеда бихьула Аварагасул ﷺ гурхӀел-рахӀму, лъикӀлъи, хӀалимлъи кинаб букIарабали. Аварагасул ﷺ гъваридго гIумру лъазабурав чиясда бихьула ва якъинлъула, тӀоцебесеб иргаялда, гурхӀел-рахӀму бугевлъун вукIин.

Вахъун чIун вукIаго Аварагасул ﷺ ццим бахъани, гьебсагӀатго гӀодов чӀолаан. ГӀодов чӀун вукIаго ццим бахъани, хӀаракат бахъулаан вегизе. Гьедин гьабиялъул хIикматги ккола бакI хисиялъ хехго ццим чучлъизабулеб букIин. Аварагас ﷺ насихӀат гьабулаан ццим бахъиндал какие чурейилан.

Амма Аварагас ﷺ гьеб бихьизабуна гӀицӀго жиндирго умматалъе мисаллъун, щайгурелъул, гьесул ццим чучлъизабизе хIажат букIинчIо. Гьесул ццим бахъунароан жиндирго напсалъе ва дунялалъул ишазе гIоло. Гьесул ццим бахъунаан Аллагьасе гӀоло, гьелдаго цадахъ Авараг ﷺ вукIана хIалимав ва берцинго насихIат гьабун бичIчIизабулевлъун.

Авараг ﷺ велъулеб мехалъ, къаси пири пирхулеб гIадин, гьесул кӀалдиса цаби-гӀусазул канлъи къватӀибе бачӀунаан. Гьесул гӀемерисеб мехалъ релъи гьимиялдалъун загьирлъулебги букӀана.

Нилъеда бичӀчӀизе ккола Аварагасе ﷺ асхIабзабаз гьабураб щибаб сипат-сураталда жаниб гъваридаб магӀна букӀин.

Щай гьесул релъи пириялда релълъине гьабураб, масала, моцIрол ва бакъул канлъуда релълъине гьабичIого? ГIемер релъанхъи лъикIаб гьечIелъул, Аварагасеги ﷺ гьеб рекъолароан. Релъанхъи, къаси зодихъ пири пирхи гӀадин, къанагӀатаб жо букӀана. ЦIакъго гIемер релъанхъиялъ ракI чIунтизабула.

Киналго аварагзабиги, гьединго, гӀемер гьимулел рукIана.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...