Аслияб гьумералде

Гьерсица иман загIип гьабула

Гьерсица иман загIип гьабула

Гьерсица иман загIип гьабула

Гьереси бицин буго цIакъ къабихIаб пиша. Гьелъ иманги загIип гьабула. Абубакар-асхIабас абун буго: «Я гIадамал, нуж цIуне гьереси бициналдаса. Гурони, гьелъ нужер иман нахъбегизабула», - ян.

Гьереси сабаблъун ккезе бегьула жужахIалде, гьединго, ритIухълъиялъ рачуна Алжаналде.

ГIаишатица бицана аварагасул ﷺ асхIабазабазда гьоркьоб гьересиялдаса квешаб тIабигIат букIинчIин абун. Аварагасе ﷺ цIакъ захIмалъулаан цояс гьереси бицараблъи лъайдал. Гьес тавбу гьабидал, ракI гIодобеги биччалаан.

Гьерсица нилъеда аскIоса малаикзабиги рикIкIалъизарула. Лъиеха бокьилеб рахIматалъул малаикзаби нилъедасаго рикIкIалъизе? Гьедин букIунин ГIумар-асхIабас баянги гьабуна: «Харбазул бищун квешаб ккола гьереси бицунесул хабар, бищун кIудияб мацIил хатIаъги гьереси ккола. Гьереси бициндал малаикзаби гьесдаса рикIкIалъула», - ян.

ТIадегIанав Аллагьасда аскIобги бищун кIудиял мунагьазул цояб буго гьереси бицин. Гьедин баян гьабуна ГIали бин Абу ТIалибица.

Гьереси бицине рес буго аварагасда ﷺ хурхинабунги. Хасго лъица гьабурабали лъалареб хIадисазул таржама цIалулелъул. Ялъуни гьесда гIараб мацI мухIканго лъалеб гьечIони, гъалатIал гьарула. Гьеб бакIалда цIодорлъи гьабизе ккола.

Имам АсмагIияс абуна: «Дун бищунго хIинкъула аварагасул ﷺ хIадисалъулъ гъалатI гьабулесда. Щайин абуни, аварагас ﷺ абидал: «Дида хурхинабун гьереси бицарас хIадурлъи гьабейин абе жужахIалъуб жиндиего бакI кквезе», - ян.

Малик ибн Динарица абуна: «РитIухълъиги гьересиги багъула рекIелъ, цояб къватIибе загьирлъизегIан», - ян. РитIухълъиялде нилъ гьетIани, гьеб къватIибе загьирлъила.

Гьединго нилъеца цIуни гьабизе ккола гьереси бицунесулгун гьудуллъи гьабиялдаса. Гурони, гьес рикIкIад бугеб аскIоб ва аскIоб бугеб рикIкIад бихьизабула.

АхIнаф бин Къайсица абуна: «Чилъи гьечIо гьереси бицунесулъ ва цевехъанлъи гьечIо барахщарав чиясе, варагIги букIунаро тIабигIат квешасул», - ян.

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...