Аслияб гьумералде

Тавбуялъул кIвар

Тавбуялъул кIвар

ТIадегIанав Аллагьас МухIаммадияб уммат тавбу кьун хира гьабуна. Гьеб ккола нилъее бугеб рахIмат. Цере рукIарал умматазе гьедин букIинчIо. Ккараб мунагьалъе хасаб гIазаб букIана. Гьеб тIубачIого мунагь тIаса кколароан. Нилъер абуни, ккараб мунагьалъухъ гьабураб тавбу Аллагьас къабул гьабула. Амма тавбуялъеги руго тIуразе кколел шартIал. Бокьа-бокьарабги гьабун, гьеб тавбуялъ чурулин чIезе бегьуларо.

 

БетIергьанас мунагьги тавбуги бижана. Гьес нилъ рижана гъалатI кколеллъун ва тавбу гьабизеги малъана. Аллагьасде ﷻ руссунел гIадамал Гьесие рокьула. Къуръаналда БетIергьанас ﷻ абуна: «Аллагьасе тавбу гьабулел гIадамал рокьула», - ян.

Ибну МасгIудица абуна: «Къабулаб тавбу ккола, тавбуги гьабун, мунагьазде руссунгутIи», - ян.

ХIасанул Басрияс абуна: «Къабулаб тавбу ккола рекIелъ пашманлъи букIин, мацIалъ истигъфар гьаби, лугбаз гьабулеб мунагь тей ва гьезде тIадвуссунгутIи», - ян.

Абу ГIали Дакъакъица абуна: «Тавбу ккола муъминзабазул сипат», - ян. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ абуна: «Нужеца киназго тавбу гьабе, я муъминзаби», - ян. (Сура «Нур», аят 31)

Ибну ГIатIаица абуна: «Тавбу кIиго батIияб буго. Цо тавбу гьабула гIакъубаялдаса цIунизелъун ва цогидаб тавбу ккола БетIергьанасул сахаватлъиялдаса нечон гьабулеб», - ян.

ГIумар-асхIабас абулаан: Нуж гIодор чIа тавбуялъул гIадамалгун, гьелъ кутакалда пайда кьола», - ян.

Лукъманул ХIакимица васасда абула: «Вореха тавбу нахъе бахъуге, хвел тохлъукьего тIаде щола», - ян.

Бишр ибн ХIарисица бицана Фузайл ибну ГIиязица абунин: «Къад къоялъ гIодун гьабураб тавбуялъ чурула загьириял мунагьал. Къаси гIодун гьабураб тавбуялъ батIиниял мунагьалги чурула», - ян.

Балагьеха тавбуялъул бугеб асар, нилъ гьелде кидаго хIажаталги руго. Гьебги ккола ТIадегIанав Аллагьасул ﷻ нилъее кIудияб рахIмат.

Аллагьас ﷻ нилъ тавбу гьабулездасан гьареги. Кинабго жоялда хIалкIолев цохIо Аллагь ﷻ вуго.

 

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...