Аслияб гьумералде

Лугбуздасан садакъа

Лугбуздасан садакъа

Как буго Аллагьас тIадаблъун гьабураб, бусурбабазе давлалъун бугеб нигIмат. Къойил балеб щуябго паризаяб гуребги, руго суннатал какалги жидеда тIадчIей гьабизе рекъарал, кири хIасуллъи гуребги, батIи-батIиял нигIматал тIаде цIаялъе сабаблъунги ругел.

 

Гьединаб суннатаб какалдасан буго зухIаялъул как. ХIадисалда буго: «Алжаналда буго цо каву «ЗухIайин» жинда цIар бугеб. Къиямасеб къоялъ Аллагьасул амруялдалъун малаикас ахIула: «Я Аллагьасул лагъзал, зухIаялъул какда тIадчIей гьабулел рукIарал нуж кир ругел? Гьаб каву буго нужее, Аллагьасул цIобалдалъун лъугьа жанире», - ян (ТIабарани). Цогидаб хIадисалда буго: «ЗухIаялъул какда тIадчIей гьабулесул, ралъдал полопгIан гIемер ратаниги, киналго (цогиязул хIакъалда хурхинчIел) мунагьал чурула», - ян (ибну Мажагь).

Гьелъул заман байбихьула бакъ баккун хадуб бащдаб сагIатгIан заман гьоркьоб индал, къалъул гIуж щвезегIан.

Гьелъул бищун дагьаблъунги рикIкIунеб буго кIиго ракагIат, бегьулеб буго ункъо, анлъго, микьго базеги, бищун гIемер анцIила кIиго ракагIат ккола. КIи-кIи ракагIатккун разеги суннатаб буго. АлхIамалда хадуб цIализе хирияб буго «Аш-Шамс» ва «Аз-ЗухIа» сураби.

ГIемерисез абула зухIаялъул как бугин жинде кIвар кьезе кколеб суннатаб как гуребги, нигIматал тIаде цIалеблъунгиян. ТIадчIей гьабулесда гьеб щибаб къойилго гIадин халлъизеги халлъула.

Инсанасда буго 360 рищи-щекI. Щибаб къоялъ кьезе гьезда тIад гьабун бугин абула садакъа, кIиго ракагIат зухIаялъул как бани, гьелъ гьеб тIаса ккезабулинги буго. Гьоркьоб хутIани, бецIун базеги лъикIаб буго.

Цо-цо шартIал тIурани, хIеж-гIумра гьабурабгIанасеб кирицин хъвалинги абула. Анас-асхIабасдасан бицун буго, Аварагас абунин: «Рогьалил как жамагIаталдаги бан, бакъ баккизегIан мажгиталдаги чIун, кIиго ракагIаталъул как барав чи вугони, гьесие гьеб хIеж-гIумра гьабурабгIанасеб кириялъул бакIалда букIуна», - ян (Тирмизи).

ХIисаб гьабеха, кIиго ракагIат баялдалъун щвезехъин бугеб ажруялъул, гьеб захIматаб иш гуро, кIвахIаллъичIого тIадчIей гьабуни.

Аллагьас тавпикъ кьеги!

 

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...