Аслияб гьумералде

Тавбуялъул как

Тавбуялъул как

Тавбуялъул как

ТIадегIанав Аллагьас нилъер умматалда гурхIун, тавбу къабуллъиялъе сабаблъун гьабун буго тавбуялъул как. Анасица бицана, хирияв Аварагас абунилан: «Адамил лъимал мунагьалде ккола. Мунагьалде ккаразул бищун лъикIалги тавбу гьабулел руго», - ян. (Ибн Мажагь)

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ аварагзаби хутIун, хутIарал гIадамал, мунагьазде кколеллъун, загIипаллъун рижун руго. Гьес ﷻ тIадкъараб гьабичIого тун ва гьабугейин абураб гьабиялдалъун мунагьалде ккола инсан. Кинниги, кигIан мунагьал гьаруниги, тавбуялъул каваби нилъее рагьун руго.

Тавбуялъул как ккола жамагIат жиндилъ бихьизабичIеб кIиго ракагIаталъул суннатаб как. Гьебги базе лъикIаб буго тавбу гьабилалде цебе. Гьеб баялъе далиллъунги гIалимзабаз гьаб хIадис бачуна: «Аллагьасул лагъзадерил цонигияс мунагь гьабидал, цинги какиеги чурун кIиго ракагIаталъул суннатаб какги бан, Алагьасда тIаса лъугьин гьаридал, Аллагь гьесдаса тIаса лъугьина», - ян. (Тирмизи)

Гьелъул тIоцебесеб ракагIаталда «Суратул Кафирун» ва кIиабилеб ракагIаталда «Ихлас» цIализе лъикIаблъун бихьизабун буго. Гьелъие ниятги гьадин гьабила: «Дица ният гьабуна кIиго ракагIаталъул тавбуялъул как базе», - ян.

Имам Гъазалияс «ИхIяалда», мунагь чуризелъун гьарулел пишаби рехсон хъвалеб буго: «Мунагьалде ккедал кIиго ракагIаталъул как бала, цинги 70 азарго Астагъфируллагьги бачина, нусго нухалъ «СубхIаналлагьил ГIазым ва бихIамдигьи» абила, хадуб садакъаги бикьила ва цо къоялъ кIалги кквела», - ян. Тавбу гьабун хадубги лъикIал гIамалал гьаризе бихьизабун буго ва лъикIал гIамалазул бищун лъикIабги ккола как.

Тавбуялъул какда хурхун бачIараб хIадис баян гьабун имам ибн ГIарабияс абун буго: «Гьеб какалъ киналниги тIагIатазул рахъал жанире рачуна. Гьабуралдаса ракI бухIана, цинги батIин бацIцIад гьабуна, какиеги чурун, какги бан, Аллагьасе ﷻ тавбу гьабуна», - ян.

ГIемерисел гIалимзабаз абуна тавбуялъул как тавбу гьабилалде цебе ккезабураб лъикIаб бугин абун. Руго гIалимзаби, тавбуги гьабун, хадуб базе лъикIаб бугин абулелги. Имам Рамалияс абуна: «Тавбуялда цебеги хадубги кIиго ракагIат какил базе лъикIаб буго», - ян. Амма тавбуялъул как ккола цебехун бараб. Хадуб бараб кIиго ракагIатги щукруялъул кколин.

 

Жабир Мажидов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....