Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ асарал

Аварагасул ﷺ асарал

Аварагасул ﷺ асараздаса баракат тIалаб гьаби нилъехъе щвана цере рукIарал асхIабзабаздасан ва салафу-салихIуназдасан. Кинниги гьелда сверухъ кIудиял бахIсалги рукIуна. Мекъи ккараб агьлуялъ абула, гьеб бегьуларин. БитIарал ккола бегьулин абулел.

Щаклъи гьечIо, МухIаммад авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищун вукIин кинабниги халкъалдаса. Гьесда хурхун бачIараб щибаб жоги мухIканго бачIана, гьесдаса ﷺ баракатги букIуна.

Асараздаса баракат тIалаб гьабизе ва гьел ракIаризе, цIунизе бегьулин абуна гIемерал асхIабзабаз. АсхIабзаби битIараб нух бихьизабулел цIваби ккола. Гьел киналго гIадилал, ритIарал чагIиги руго.

Гьез баракат тIалаб гьабуна аварагасул ﷺ расалдаса, гьесул гIетIалдаса, гьесул ратIлидаса, черхалда хъван.

Авараг ﷺ чIаго вугеб мехалъги цо-цо асаразул баракат тIалаб гьабуна, кинниги аварагас ﷺ гьеб гьукъичIо.

Имам Бухарияс бицараб хIадисалда буго: «Абу Жугьайфияс абуна: «Дун аварагасухъе ﷺ вачIиндал, гьев вукIараб багIараб чадиралдаса къватIибе какие чурараб лъим босун бачIунеб бихьана Билал-асхIабас. Цинги гIадамал лъугьана гьеб лъим гьурмада бахине, лъим щвечIез - кверал хъвана риччизаризе щварал цогидазул кверазда», - ян.

Имам Муслимица Анасидасан бицараб хIадисалда буго: «Дида вихьана Авараг ﷺ рас къунцIулев. Гьесда сверухъ асхIабзабиги ракIарун рукIана ва щивас гьесул расги босулеб букIана жидеего баракат щвезелъун», - ян.

Имам Бухарияс Анас бин Маликидасан бицараб хIадисалда буго: «Аварагас ﷺ бетIер кIкIвараб мехалъ, тIоцебе чанго рас босарав чи Абу ТIалхIа-асхIаб вукIана», - ян. (Имам Бухари).

Гьанже пикру гьабе, чIаго вукIаго аварагас ﷺ алжаналъул рохел бицарав асхIабас мекъаб жо гьабилищ?

Гьединго имам Муслимица бицана ибну ГIуяйнатидасан, гьес Гьишам бин ХIассанидасан ва гьесги ибн Сиринидасан: «Аварагас ﷺ Минаялда чIинхал рехидал ва хъолеб жо хъведал, бетIералъул кваранаб рахъалда ругел расал кIкIвазаруна ва гьел кьуна Абу ТIалхIае. Хадуб квегIаб рахъ кIкIвайдал, Абу ТIалхIахъеги кьун, абуна: «ГIадамазе рикье», - ян. Бегьулареб жо букIарабани аварагас ﷺ гьедин абилароанха. Щайгурелъул авараг ﷺ Аллагьасул ﷻ вахIюялдалъун гурони кIалъаларо. Гьединго нилъеда бихьула кьучIаб, жинда щаклъи гьечIеб хIадис гьеб бугеблъиги. Гьаб баян гIунги тIокIаб бугин ккола бичIчIизе бокьарасе.

Аллагьас ﷻ битIараб нух кквезе тавпикъ кьеги. Амин!

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...