Аслияб гьумералде

ГурхIел

ГурхIел

Нилъер хирияв авараг вукIана бищунго гурхIулевлъун. Ва гьединго, рецIел босизе кIолеб букIаниги, гIадамазда тIаса лъугьуневлъунги. Жакъа нилъеда жаниб къанагIат гурони батулареб тIабигIат буго гьеб. Аварагасин абуни жиндие квешлъи гьабуразеги лъикIлъи гьабулаан. ХIатта аварагасул лъикIал тIабигIаталги лъан, капуразулцин букIунаан хьул гьев тIаса лъугьинин абураб.

КигIан гIемераб квешлъи аварагасе гьабуниги, данде жаваб лъикIлъиялдалъун гьабулаан гьес . Аллагьас Къуръаналда абулеб буго: «Мун вукIаравани ракI согIав, ццин хехав чи, дуда аскIоса асхIабзаби лъутилаан ва мунго цохIо хутIилаан», - илан. («Аль ГIимран», аят 159)

Цо къоялъ аварагасухъе месед-гIарцул курхьенгун кIилкIал росун рачIана. Аварагас гьел асхIабзабазда гьоркьор рикьидал, гIалхул гIарабияс абуна: «Ле, МухIаммад, АллагьасхIаги, БетIергьанас дуде амру гьабун буго ращалъи гьабеян. Амма дида мун гьединавлъун вихьулев гьечIо», - ян. Гьединги абун гьев чи индал, аварагас асхIабзабазда абуна: «Берцинаб ва хIеренаб хабарги бицун гьев чи дихъе ваче нужеца», - ян. Гьедин хъачIго жинда кIалъарав чиясе тамихI гьабизе ресги букIаго, авараг гьесда гурхIана ва берцинаб калам гьабун, рази гьавуна.

Аварагасул гIавфуялъул макъам бичIчIула цоги мисалалдасан. Аварагасе хъулухъ гьабулев вукIана Лабид бин АгIсам абун цIар бугев ягьудияв. Аварагасе зарал гьабизе бокьарал ягьудияз Лабида гьарана расуласул гьокьоялда тIад хутIараб расул асар ва гьелъул лъабго гIучI жидехъе босеян. Гьедин, Лабидил кумекалдалъун, ягьудияз аварагасе сихIру гьабуна. Гьелдаса хадуб авараг лъабго къоялъ квешго унтана.

Цинги, вачIун ЖабрагIил малаикас аварагасда сихIру гьабун букIин лъазабуна, ва сихIру гьабураб жо пуланаб гъуялъулъ бахчун букIин бицана. Гьеб къватIибе бахъиялъул мурадалда, аварагас ГIалиги, Зубайрги, ГIаммарги гьенире ритIана. СихIру гьабураб жо гьез къватIибе бахъидал гурони аварагасе мадарги лъугьинчIо. ГьедигIан кIудияб зарал жинца баччаниги, гьев ягьудиясе зарал гьабизе аварагасда ракIалдецин ккечIо. Гьединаб тIадегIанаб макъамалда букIана аварагасул тIаса лъугьин. Жиндие гьабулеб зарал цIикIкIанагIан гьесул r гIавфу-цIоб цIикIкIунаан.

ЖАБИР МАЖИДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...