Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ тIабигIат

Аварагасул ﷺ тIабигIат

Аварагасул ﷺ тIабигIат

ГIодове виччай, чIухIи гьечIолъи, гIадамазда хIал рекъезабулевлъун вукIин - гьеб буго чиясулъ бугеб тIадегIанаб, берцинаб тIабигIат. Гьеб буго жиндехун чияр ракIал рагьиялъе сабаблъун бугеб гIамалги. Гьединаб тIабигIаталдалъун чиядехун жува-гъуван вукIунев, Аллагьас дунялалдаги ахираталдаги, тIадегIан гьавула.

 

Аллагьасул ﷻ Расулас ﷺ абунин Абу Гьурайратидасан бицун буго: «Садакъа гьабиялъ боцIи-мал кигIанго дагьлъизабуларо, цогияздаса тIаса лъугьунесеги Аллагьас ﷻ тIадегIанлъи гурони кьоларо, Аллагьасе ﷻ гIоло гIодове виччан, чIухIи гьечIолъи бихьизабулевги Гьес ﷻ макъамазде вахинавула», - ян (Тирмизи).

Аллагьас ﷻ гьединаб гIамал-хасияталъул чагIи тIадегIан гьарула, гьезул чилъиги гIадамазда гьоркьоб ва гьезул пикрабазулъ щула гьабула. ГIаксияб, ай чIухIараб гIамалалда рукIунел абуни, Аллагьас ﷻ дунялалдаги ахираталдаги гIодорегIан гьарула.

ГIодове виччарав чи кидаго жиндир гIамалалдагун рагIабазда хадув чIаравлъунги вукIуна. Цинги гьединасухъа лъугьунаро Аллагьасул ﷻ ццин бахъинабулеб ва мунагьалде кколеб гIамал. ГIодове виччай буго лъикIаб тIабигIаталъул гIаламат, берцинаб рукIа-рахъиналъе мисал, ахиралда жибги гIадамаздехунгун Аллагьасде ﷻ унго-унгояб къагIидаялда гьоркьоблъи букIиналъе хIасиллъун бугеб.

ГIияз ибну Химаридасан бицун буго, Аварагас ﷺ абунин: «Аллагьас ﷻ диде вахIю гьабуна нуж чIухIи гьечIел, гIодоре риччараллъун рукIайин, нужер цонигияв цогидасда тIад чIухIаравлъун ва зулму-хIал гьабуларевлъун вукIунедухъ», - абун (ибну Мажагь).

Аварагасул ﷺ хIакъалъулъ абуни, гьев ﷺ вукIана кутакалда сабурав, чIухIи гьечIев инсан. Гьеб хасият букIана гьесулъ ﷺ рукIаразул бищунго нур бараб тIабигIатлъунги. Гьелъие гьес ﷺ гIемерал гIумруялъул мисалалги рихьизаруна. Гьеб буго нилъеца тIоцебе гьесдаса ﷺ босизе кколеб ва жинда гIамал гьабизе рекъараб тIабигIатги.

Анас ибну Маликидасан бицун буго, Мадинаялда, бокьарай, кигIан гьитIинай лагъалдаги кIолаанин Авараг ﷺ кверги ккун жиндиего бокьаралъуве вачине. Гьелъ бихьизабулеб буго, кигIан хIеренав, чIухIи гьечIев чи Авараг ﷺ вукIаравали.

Аллагьас ﷻ насиб гьабеги щивасе гьеб тIадегIанаб тIабигIат! Амин!

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...