Аслияб гьумералде

ЧIухIи ва гIажаиблъи

ЧIухIи ва гIажаиблъи

ЧIухIи ва гIажаиблъи

РекIелъ чIухIи букIин ккола кIудиял мунагьаздасан. Гьеб бугодай яги гьечIодай абун щивав бусурбанчияс жиндирго хIисаб-суал гьабизеги ккола. БацIцIалъичIеб ракI жужахIалъуб бежизе бугелъулха.

Гьединго нилъ чIухIизе бегьуларо гIелму лъанин абун, ай цогидаздаса живго кIодолъун вихьизе. Салафу-салихIуназул цояс абуна:

«ГIелмуялдалъун чIухIарав чи Аллагьас гIодовегIан гьавула, гIелмуялдалъун гIодове виччарав чи ТIадегIанав Аллагьас кIодоги гьавула», - ян.

Вагьбица абуна:

«ТIадегIанав Аллагьас алжан бижидал гьелда абула: мун хIарамаб буго чIухIарав чиясе», - ян.

МухIаммад бин ХIусайн бин ГIалица абуна:

«РекIелъе чIухIи лъугьанщинахъе гьедигIанасеб къадаралъ гьесул гIакълуги мукъсанлъула, цIикIкIун бугони - цIикIкIун, дагьаб бугони – дагь».

Сулайманида гьикъула щиб квешлъиялъин пайда гьабизе толаребилан абун. Гьес абула чIухIиялъ толарин.

ГIабдуллагь ХIададица абуна:

«Мунагьалъул аслу лъабго буго: чIухIи, гьеб ккана иблис къосиналъе сабаблъун.

ХъантIи, гьеб ккана Адам авараг мекъи ккеялъе аслулъун. Гьезие хIарам гьабураб гъотIодаса кваназе рачана хъантIиялъ. ХIасад, Къабилил мунагьалъул аслу гьеб ккана. ХIасад гьабун жиндирго вац чIвана гьес».

ХIатимул Асамица абуна:

«ТIагIаталъул аслу буго лъабго жоялъулъ: Аллагьасда хIинкъиялъулъ, Гьесда хьул лъеялъулъ ва рокьиялъулъ. ГIасилъиялъул аслуги лъабго жоялъулъ: чIухIиялъулъ, хъантIиялъулъ, хIасадалъулъ», - ан

Нилъее чIухIи бегьуларо, щайин абуни гьеб Аллагьасул сипат букIиналъ. Нилъеца ТIадегIанав Аллагьасул сипат кквезеги бегьуларо. ЧIухIиялъул балагьлъун ккола, гьелъ ццим бахъинабулеб букIин. Ццимги квешаб жо буго. Гьелъин аварагас лъабго нухалъ такрар гьабураб, ццим бахъунгеян абун, насихIат гьарун вачIарав чиясе. Живго жиндаго гIажаиблъун лъугьин ккола живго лъикI вихьи, напс кIодо гьаби. Гьеб какараб жо буго. Аллагьас цIунаги нилъ гьединал къабихIал пишабаздаса.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...