Аслияб гьумералде

Кин дица гӀумру гьабулеб бугеб?

Кин дица гӀумру гьабулеб бугеб?

Кин дица гӀумру гьабулеб бугеб?

ГӀемерисезда ракIалде ккола, унтун гьечӀони, херлъидал хвелин абун. Гьеб иш, кигIан нилъее бокьаниги, гьедин гьечIо. Бокьараб заманалда нилъ хвезе рес буго. Хвел бугелъулха тохлъукьего бачIунеб жо.

 

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъеда тIадкъарал жалазда гьоркьоб гьечIо инсанасе захӀмалъизабураб яги гьесие пайда букIунареб жо: как, садакъа, кӀал кквей, хӀижаб ва гь.ц.

Гьедин батани, щай нилъеца гӀумру тIамулареб Аллагьас ﷻ тIадкъарал амрабиги цIунун? ГӀемерисезда ракIалде ккола жеги дин гьабизе гIолохъанго вугин, амма херлъидал байбихьилин абун. Гьеб буго жинцаго живго махсараде кквей. ХӀасил, хвелалъе унти шартI гьечӀо!

Цояс абула: «Дун ракӀалда божула...», - ян. Гьедин батани, киб бугеб дур иман гӀамалазулъ? Мун иман лъун божулев ватани хабалъ гIазаб букIиналда, алжан-жужахI букIиналдаги божизе ккола.

Мун муъминчи чи ватани, дуцаго жаваб кье суалалъе: «Дун сундухъ валагьун чIун вугев? Хвел тIаде щвезегIанищ? Хун хадуб дие щиб букIине бугеб Халикъасе мутIигIлъичIолъиялъухъ? Дица кин гӀумру гьабулеб бугеб? Гьаб кинабго дунялалъул бечелъи гьаниб хутӀила, амма щибги босун дун БетIергьанасухъе ине вугев? Щиб дица абилеб дирго рахъги ккун?

Мисалалъе, хIижаб ккола чIужугIаданалъул, чияр бихьинчиясдаса жийго цIуниялъул алат. Гьеб буго ТIадегIанав Аллагьас ﷻ чIужугIаданалъе кьураб цIуни.

Какалъ рухIияб рахъги цебетIезабула, черхалъе пайдаги гьабула. Какалъ нилъ рацIцIадго чIезарула жанисанги къватIисанги. Гьединго, хIадисалда буго как - диналъул хIуби кколиланги. ХIуби биххани, кинабго хвараблъун ккола. ХIакъикъаталдаги дур как ТIадегIанав Аллагьасулгун гьабулеб мунажат кколелъул, ай Аллагьгун кIалъай.

Гьединго, кIал ккола дур напс квегъиялъе цIакъ кумек гьабулеб жо. РухIиябгун чорхол рахъалъ кIал кквеялъ бицун хIалкIолареб пайда кьола. Щайин абуни, гIорцIараб мехалда напсалде рухI бачIуна ва чияе гьабизе байбихьула квешлъи. Напс квегъизе бигьалъула дагь кванан чIарав чиясда. Нилъин абуни кванала кванирукъ кьвагьун бачIунеб хIалалда. ТIоцебе баккараб бидгIа гIемер кванай бугинги буго. Гьелдаса хадуб байбихьана гIадамал исламалъул нухдаса кьуризе.

КIалалъул пайда щвезе ккани инсанас кутакалда цIуни гьабизе ккола мацIалдаса, гурони кири хола. Нилъеда лъала мацIалъул мунагьал кигIан гIемер ругелали.

 

Шамил МухIаммадов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...