Аслияб гьумералде

Лъазе ккола

Лъазе ккола

Лъазе ккола

Цебесеб номералда нилъеца бицен гьабун букIана Аллагьасда , Гьесул малаикзабазда ва тIахьазда иман лъеялъул хIакъалъулъ.

Илчизабазда иман лъей ккола БетIергьанас хIакъаб жоялдалъун халкъазухъе ритIарал аварагзаби ва расулзаби ритIухъал, жал гIадамазулги бищун лъикIал абун ракIчIезаби.

 

Гьел руго жидеда Аллагьас ﷻ тIадкъараб амру халкъалъухъе бищун лъикIаб куцалда щвезабурал. БетIергьанас ﷻ тIадкъаралдаса гьез цониги жо жидерго рахъалдаса тIаде жубачIо ва тIасаги бахъичIо.

Щуабилеб ккола къиямасеб къоялда иман лъей. Гьебги ккола нилъеца ракIчIезаби, хун хадур ТIадегIанав Аллагьас ﷻ кинабниги чIагояб махлукъат хваралъуса бахъинеги гьабун, ГIарасат майданалда чIезабун, цере лъезе ругеблъи гIамалал роцунел цIадираби, цинги гьабизе буго киназулго хIисаб-суал.

Гьеб къоялъ Аллагьасул ﷻ рахIмуги букIине буго кутакалда гурхIараб, гIатIидаб, тамихI гьабиги букIине буго зулму гьаби гьечIеб – кьварараб. Гьев ﷻ гурхIараздаса ратаги!

Къиямасеб къоялда иман лъеялда цадахъ бугелдаса ккола хабалъ лъедал гьениб гIазаб букIине бугеблъиги, Мункар-Накирасул кIалгьикъи, жужахIалда тIасан СиратI букIине бугеблъи, МухIаммад аварагасул ﷺ шафагIат ва хIавзалъул лъим, Алжан-жужахI бугеблъи.

Хадусеб, иман лъезе кколезул буго къадар, лъикIаб бугониги, квешаб бугониги гьаб гIаламалда жаниб лъугьунеб кинабго Аллагьасул ﷻ къадаралдалъун буго. Кинниги, кинаб къадар Аллагьас ﷻ хъван бугеблъи лъалеллъун нилъ гьечIелъул, ихтияр буго щивасухъ квешаб яги лъикIаб гIамал гьабизе.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...