Аслияб гьумералде

Байрахъ букiине буго…

Байрахъ букiине буго…

Нилъер дин буго бацIцIадаб, рацIцIалъиялде нилъ ахIулеб. РацIцIалъиги буго кIиго батIияб: тIасияб рахъ бацIцIад гьаби ва жанисеб, ай рухIияб рахъ, гьабулеб гIамал бацIцIалъи.

Аварагасул хIадисалда буго: «РацIцIалъи - иманалъул бащалъи буго», - ян (Бухари). Къуръаналда буго (магIна): «Жиндир абадияб лъикIлъиялда кверщел батарав вуго жинца напс куфру-ширкалъул чороклъиялдаса бацIцIад гьабун, иман-исламалъул нуралдалъун гьеб гвангъизабурав чи», - ян (сура «аш-Шамс», 9-абилеб аят).

Гьединлъидал, загьираб рацIцIалъиялде кIвар кьей гуребги, рухIияб рахъги квешал хасиятаздаса бацIцIад гьабизе ккола. Квешал хасиятазде гьоркьоре унел гIамалалги руго хиянат гьаби, къотIи тIубазабунгутIи. Гьеб буго исламалда какараб гIамал, мунапикъасул хасиятинги жинда абулеб. Гьелъул хIакъалъулъ хIадисалда абун буго:

«Жиделъ гьал хасиятал данделъарал мунапикъзаби руго, ай гьереси бицин, хиянат гьаби, къотIи тIубазабунгутIи, хъубал рагIаби аби», - ян.

Цогидаб хIадисалда буго гьеб ахир заманалъул гIаламатаздаса цо гIаламат бугин абунги. ШаригIаталъ гьукъарабги буго, бусурбанав яги капурав ватаниги, чиясе хиянат гьабизе, гьев гуккизе. Исламалъул байбихьудаго, кигIан зарал-зиян маккаялъулаз бусурбабазе гьабулеб букIаниги аварагас жинда нахърилъарал толел рукIинчIо хиянат, рекIкI, гукки, къотIи тIубазабунгутIизе.

ХIузайфатул Яманияс бицун буго: «Бадруялъул гъазават бугеб заманалда бусурбабазда цадахъ гьениб гIахьаллъи гьабизе дие рес ккечIо. Абу-ХIусайламгун ниж Маккаялдаса Мадинаялде сапаралъ рахъунелъул, нижее мушрикуназ нух ккуна. Гьез нижеда абуна: «МухIаммадихъе унелищ ругел?» - ан. Нижеца абуна: «Гуро, Мадинаялде унел руго», - ян. Цинги гьез нижедаса, Аллагьасул цIаралдалъун гьедизарун къотIи босана, Мадинаялде ун гурони, МухIаммадгун цадахъ жидеда данде рагъизе рахъинарин абун.

Аварагасухъе щведал ва ккараб жо гьесда бициндал, Аллагьасул расулас абуна: «Нуж Мадинаялде а, нилъеца гьабураб къотIи тIубазе ккола, Аллагьасда гьаре мушрикуназда данде кумек», - ан (Муслим). Цогидаб хIадисалда буго къиямасеб къоялъ щивав хиянатчиясухъ букIине бугин хассаб байрахъ, гIадамазда гьев щив чи вукIаравали ватIа вахъизе лъалеб. Аллагьас цIунаги щивав чи гьеб нахъегIанаб гIамалалдаса.

Амин!

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...