Аслияб гьумералде

Мунагьалъул гiаламат

Мунагьалъул гiаламат

Мунагьалъул гiаламат

Салафу-салихIуназул гIадат букIана сардилъ рахъун гIибадат гьабулеб. Нилъин абуни гьеб ишалъулъ загIипго ратани, лъазе ккола гьеб гIадада бугеб жо гуреблъи. ХIасанул Басрияс абун буго: «Сардилъ тIаде рахъин чияс теларо жинхъаго ккараб цо мунагь сабаблъун гурони», - ян.

Балагьеха, чанго лъикIаб жоялъе нилъецаго нилъеего нух къалеб буго гьабураб цо мунагьалъ. Мунагь гьабиги букIуна къватIисан гуребги жанисанги, ай рекIел унтабазда хурхараб.

Ибну МасгIудица абуна: «Паразиял жал тIурайдал дуца тIадчIей гьабе сардилъ гIибадат гьабизе тIаде вахъиналда», - ян.

Гьединго абуна: «Тавраталда хъван буго: ТIадегIанав Аллагьас ﷻ хьибил сардилъ борхулезе кьуна бералда бихьичIеб, гIиналда рагIичIеб, чиясда рекIелъе ккечIеб, малаикзабаздагун аварагасдацин лъалареб жо», - ян. Имам Загьабияс гьеб хIадис кьучIаблъун чIезабуна. Салманул Фарисияс абуна: «Как ккола цIадираби. Гьеб цIалеб мехалъ рагIаракьанде щвезабуни, тIубазабуравлъун вукIуна. РагIа-ракьанде щвезабичIони, цIадирабазулъ камизабулезда гьоркьове ккола. Аллагьас ﷻ Къуръаналда абуна: «Чаракъосин буго жидеца цIадирабазулъ камизабулезе», - ян.

Аллагь ﷻ лъалел гIадамаздасан бицана: «Радакь рахъарал гIадамазул рекIеде ТIадегIанав Аллагь I валагьула ва гьебги цIезабула нуралъул, хадуб гьезул ракIазе пайда щун, гьел гвангъун рачIуна. Гьезул ракIаздасан нур чваххун уна Аллагь ﷻ кIочарал ракIазулъе», - ян.

Балагьеха, БетIергьанас ﷻ чан сабаб нилъее гIуцIун бугеб, Гьев ﷻ кIоченчIого вукIине.

Шайих Шарикица абуна: «Къаси сардилъ тIагIат гьабизе гIемер вахъунев чиясул гьумер нур бараб букIуна», - ян.

Имам АвзагIияс бицана: «Нижехъе хабар щвана къаси тIадеги вахъун гIемераб заманаялъ тIагIат гьабулесе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къиямасеб къоялъ бигьалъи гьабулин», - абун.

Имам Къасим ЖугIияс абуна: «Диналъул аслу варагI ккола. ГIибадаталъулги бищун хирияблъун ккола къаси тIаде вахъун гIибадаталда сордо борчIи. Алжаналде ине бищун бигьаяб нухлъунги ккола лъикIаб ракI», - ян. Сардилъ рарал какал хириял руго къад рараздаса.

Фузайл бин ГIиязица абуна: «Къаси тIадеги вахъун тIагIат гьабизе ва кIалал кквезе бажарулеб гьечIони, мун нахъе къотIарав вуго Аллагьасул рахIматалдаса, дуца гIемер гьарун руго мунагьал», - ян. Цо нухалъ имам Гъазалиясухъе вачIуна цояв ва цIехола жинхъа къаси тIаде вахъун тIагIат гьабизе бажарулеб гьечIин абун. Имам Гъазалияс абула мун мунагьазул къоралъ ккун вугин.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги.

ШАМИЛ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...