Аслияб гьумералде

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

Суалазе жавабал кьуна имам ШафигIил мазгьабалда рекъон

ХушугI гьечIого, ай Аллагь ракIалда кквечIого бараб как рикIкIунищ?

ГIалимзабаз какилъ хушугIхIузур цIакъ кIвар цIикIкIарал суннатаздасан рикIкIана. Кинниги цо-цо шайихзабаз хушугIхIузур какил шартI, гьелъул рухI бугинги абуна. ХушугI-хIузуралда как базе кумек гьабула цIалулеб жоялъул магIна бичIчIун балеб бугони, гьединго гьелъие квербакъула жив ханзабазулги ханасда цеве чIун вукIин ракIалде ккун как бани, гъапулаб ракIгун балеб бугони, Аллагьасул ццим бахъиналъул цIал щун гьалаглъилин хIинкъи букIиналъул пикру гьабуни. Как буго инсан квешлъиялдаса цIунулеб жо. Аллагьасдаса гъапуллъун бараб какалъ инсан квешлъиялдаса цIунуларо. («ФатхIул МугIин»)

Лъимаде йигей гIаданалъ гIодойги чIун как базе бегьулищ?

Лъимаде йигей гIаданалъ яхъун чIун как баялдалъун лъимер рехиялда хIинкъи батани, гьелъул ихтияр буго гIодойги чIун как базе. Щайгурелъул гьелъие хIарамаб букIун лъимералъе зарал гьабизе. («ХIашияту Жамал»)

Ралъдалъ рукIунел рухIчIаголъабазул кинал кваназе бегьулел?

Имам ШафигIил мазгьабалда рекъон, ралъдалъ рукIунел, гьениса къватIире рахъун хадуб чIаго хутIуларел рухIчIаголъаби кваназе бегьула. Мисалалъе, дельфин, осьминог гIадал ругониги.

Аварагасде битIулеб салават къокъ гьабун хъвазе бегьулищ?

Имам Нававияс хъвалеб буго: «Аварагасул цIар хъвалеб мехалъ, букIа гьеб авараг яги Аллагьасул расул абун яги цогидаб къагIидаялда, чан нухалъ такрарлъулеб бугониги рекъараб буго щибаб нухалъ тIубанго салават битIун хъвазе. Карагьатаблъун рикIкIунеб буго гьесде битIулеб салават цо-цо бакIазда букIунеб кинниги къокъ гьабун хъвазе. Гьелдаго релълъун буго Аллагьасул цIар рехсолелъулги. («Ат-Такъриб ва ат-Тайсир»)

ЖамагIат гьабун как балаго аскIов чIарасе квалквал гьабуледухъ рагIизабун АлхIам цIализе бегьулищ?

АлхIам гIадал какилъ ругел кIалзулал арканал рагIизарун цIализе тIадаб буго. РагIиялъул бищун дагьаб къадарги, щибго батIияб хъуй гьечIеб бакIалда, жиндаго рагIиледухъ цIали буго. Амма гIинда бакIав ватани ялъуни хъуй бугеб бакIалда ватани, рагIун цIалиялъул бищун дагьаб къадар живго вугеб бакIалда ялъуни сахаб рагIигун жиндаго рагIуледухъ цIалулеб букIараб къадар буго. Цебе рехсараб хIалалда цIали киналниги какилъ ругел кIалзул суннатазеги ккола, ай цебе рехсараб хIалалъ жиндаго рагIуледухъ цIалун гурони гьел рикIкIунаро. АскIов чIарасе зарал гьабун рагIуледухъ цIализе карагьатаб буго. Аллагьасда I лъикI лъала. («ТухIфатул МухIтаж»)

Как баларей, кIал кколарей ялъуни росас тIалаб гьарурал ва шаргIалъ тIадкъарал цогидал парзал тIураларей чIужуялъе напакъа кьезе росасда тIадаб бугищ?

Росасда тIадаб буго чIужуялда амру гьабизе шаргIалъ тIад къарал парзал тIурайин абун. Амма чIужуялъ гьел тIуралел гьечIинги абун, росасул изну букIунаро гьелъие напакъа кьечIого тезе. Щайгурелъул как-кIалалъул суал БетIергьанасдаги гьелдаги гьоркьоб бугеб жо ккола. ШаргIалда гурел, росасда цере цIунизе тIадал хIукъукъал тIурачIони, росасул изну букIуна напакъа кьечIого тезе. («ТухIфатул МухIтаж»)

Имамасда хадуб жамагIат щваравлъун кватIун вачIарав чи кида вукIунев?

КватIун вачIарасе имамасда хадув регIи ва жамагIаталъул кири хIасуллъула имамас салам кьезегIан цебе как бухьине щвани, АттахIияту цIализе гIодов чIезе щвечIонигицин. Рузманалъул какил абуни хIукму батIияб буго. Гьелъулъ кватIарасе рузман щоларо имамасда цадахъ цогIаги ракагIаталъул рукугI щун гурони. Цо ракагIаталда хадув гъуни рузманалъул хиралъи хIасуллъула, имамас салам кьун хадуб тIадеги вахъун кIиабилеб ракагIатги бала. ЦогIаги рукугI щвечIого жамагIаталда нахъ регIани, имамас салам кьун хадуб гьес къалъул каклъун ункъго ракагIат бан тIубазабизе ккола как. («Аль-МугIтамад»)

ЧIужугIаданалъ батIибатIиял кьерал ругел линзаби разе бегьулищ?

Контактниял абулел линзабазул кIиго батIияб тайпа буго. Масала, цо буго хIажат ккун, канлъи бихьиялъе лъолел линзаби. Тохтурас рихьизарурал линзаби лъеялъулъ щибго къварилъи гьечIо. КIиабилел руго берцинлъиялъе лъолел батIи-батIиял кьеразул линзаби. Росасе инчIей гIаданалъе гьединал линзаби лъезе хIарамаб буго.

Росасда йигелъе хIарамаб гьечIо, росас изну кьолеб бугони. Амма гьелги лъун къватIие яхъине хIарамаб буго, гьелда ракIчIун лъалеб бугони чияр бихьиназул гъира базе букIин. Гьей гьаниб рехсаралда щакдарилей йигони, гьеб мехалда къватIие яхъине карагьатаб буго. ГIадамал къосинаризелъунги батIи-батIиял кьеразул линзаби лъезе хIарамаб буго. Масала, яс гьаризе аралъуб васасда лъазабизе ккола гьелъ кьер батIиял линзаби лъун ругин. («ТухIфатул МухIтаж»)

КигIанаб къадаралъ имамасе бегьулеб жамагIат гьабун балеб какилъ кIиабилеб АттахIияту халат гьабизе?

Имамасе карагьатаб буго жамагIат гьабун как балелъул кIиабилеб АттахIияту, хадур ругезул изну гьечIого, халат гьабизе. Халат гьабизе бегьула аварагасде битIулеб салават ва гьеб кIиялъулгогIанасеб къадаралъ дугIаги цIалун. («Аль-МугIтамад»)

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...