Суал-жаваб
Суал-жаваб
Хабалъ ракIгъеялъул как кин балеб?
ШафигIияб мазгьабалъул кIудияв гIалим Сайид МухIаммад Журданияс «ФатхIул ГIаллам» абураб тIехьалда хъван буго: «Гьел суннатал каказдасан ккола хабалъ ракIгъезабиялъул какги. Аварагас ﷺ абун буго: «Хварасе тIоцебесеб сордоялдаса захIматаб заман букIунаро, гьединлъидал, нуж гьесда гурхIа ва гьесдасан садакъа кье. Садакъаде кьезе жо батичIони кIиго ракагIатаб как бай, щибаб ракагIаталда цо алхIамги, аятул курсиги, алгьакуму такасурги, 11 къулгьуги цIалун. Салам кьун хадуб гьаб дугIаги гьабе: «Я, дир БетIергьан, дица гьаб как бана ва дир гьелдасан бугеб мурад Дуда лъикI лъала. Я, дир БетIергьан, Дуца гьаб какил кири битIе пуланасул вас, пуланасул хабалъе (хварасулги гьесул инсулги цIар абила)».
БетIергьанас гьебсагIаталъго азарго малаик витIула щивасда кодоб сайгъатгун хварасул хабаде. Ва гьез, Исрафил малаикас сурги пун, хварал тIаде рахъинаризегIан гьесул ракIгъезе гьабула».
Гьединго хIадисалда буго гьеб как барасе жиндиегоги кIудияб кири бугин ва гьев Алжаналда живго чIолеб бакI бихьичIого хвеларилан. Жеги гIалимзабазул цояс абуна: «КIудияб рохел буго щибаб сардилъ гьаб какги бан, гьелъул кири тIолалго бусурбабазул рухIалъе кьуразе», - ян.
Аллагьас ﷻ тавфикъ кьеги.
Поездалда бараб как бецIизе кколищ?
Поездалда, гамида, самолеталда, машинаялда бараб какилъ, гьелъие рихьизарурал шурутIалги арканалги тIурани, как цIидасан базе кколаро, тIуран ратичIони, базе ккола. Амма вахъун чIун как базе рес гьечIони, гIодовчIун базе бегьула ва хадуб бецIизеги кколаро. Гьаниб бищунго цIунизе захIматаб шартI буго къиблаялде руссин. Жив щвараб бакIалда къиблаялде вуссине кколеб къагIидаги лъазе гьабун, тIубараб какилъ гьеб хIалалда чIани ва жив тIад рекIараб жоги какилъ вугеб заманалда дагьабниги цогидаб рахъалде кьуричIони, гьеб шартI тIубала ва какги бецIизе кколаро. Гьаб цIакъ цIунизе захIматаб амруги буго. Гьединлъидал гьев чиясе лъикIаб буго гьеб шартIалъулъ АбухIанифа имамасда нахъвилъине. Гьесда аскIоб битIун КагIбаялде тIаде ккей шартIлъуларо ва гьумералъул цо бутIаниги КагIбаялъул рахъалде ккани гIола.
(«ШархIул Мафруз», «Фатавал БутIий», «Алфикъгьу ГIалал Мазагьибил АрбагIат»)
Капурав чи вукъулеб бакIалде ине бегьулищ?
Капурав гIагарав, божарав чиясул жаназа къачIазе ва гьеб букъулеб бакIалде ине бегьула. Гьединго капурав гIагарав чиясул хабаде зиярат гьабизеги бегьула, ай хIарамаб гьечIо. Амма цо-цояз абула карагьатаб бугин.
ЧIужугIаданалъул жаназаялда гьелъул куц бахчулеб жо лъезе суннатаб буго. Жаназа баччун унеб мехалъ карагьатаб буго хъуй гьабун гаргадизе. Суннатаб буго руцIцIун чIун яги балъго зикру бачунаго хвалил пикруялда рукIине. Жаназагун унаго хехго инеги хирияб буго, хералги загIипалги гIадамал нахъа хутIуледухъ цIакъго хехлъи гьабичIого.
Исламалда тIоцебе киб бараб рузманалъул как?
Исламалда тIоцебе бараб рузман буго Мадинаялда аскIоб бугеб «НакъиггIул хазимат» абулеб росулъ АсгIад ибн Зураратица имамлъи гьабун бараб как. Аварагас ﷺ гьижра гьабизегIан цебе Мадинаялъул бусурбабазда тIад тезе витIулеб мехалъ МусгIабида абула гьениве щведал рузманалъул какил тIалаб гьабеян. МусгIабица Мадинаялда аскIоб бугеб росулъ, АсгIадил рокъов рещтIиндал, гьесде амру гьабула гIадамал рузманалде ракIареян ва имамлъи гьабеян абун.
(«ТухIфатул МухIтаж», «Нигьаятул МухIтаж»)
Рузманалъул кIиабилеб ракагIаталде чи кватIани, как щолищ?
Рузаманалъул как рикIкIуна кIиабилеб ракагIаталъул рукугI щвани. Имамас как бан лъугIидал, кватIарас тIадеги вахъун, кIиабилеб ракагIат бала.
Аварагасул ﷺ хIадисалда буго: «Цо ракагIат рузманалъул щварасе, рузманги щола», - ян.
КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалде щвечIони, гьесда тIадаб буго къадекак базе.
КватIарас ният гьабула рузманалъул абун, амма къадекак гIадин ункъо ракагIат бан лъугIизабула.
(«Мугънил МухIтаж», 1 бутIа)
Сапаралде унелъул цо хасаб шагьаралде, росулъе, яги пуланаб бакIалде щведал Аварагас ﷺ кинаб дугIа цIалулеб букIараб?
Сугьайбидасан бицараб хIадисалда буго жаниве лъугьине бокьараб росу бихьидал Аварагас ﷺ цIалулаанин гьадинаб дугIа:
«اللَّهُمَّ رَبَّ السَّمَوَاتِ السَّبْعِ وَمَا أَظْلَلْنَ، وَرَبَّ الْأَرَضِينَ السَّبْعِ وَمَا أَقْلَلْنَ، وَرَبَّ الشَّيَاطِينِ وَمَا أَضْلَلْنَ، وَرَبَّ الرِّيَاحِ وَمَا ذَرَيْنَ، فَإِنَّا نَسْأَلُكَ خَيْرَ هَذِهِ الْقَرْيَةِ وَخَيْرَ أَهْلِهَا، وَنَعُوذُ بِكَ مِنْ شَرِّهَا وَشَرِّ أَهْلِهَا وَشَرِّ مَا فِيهَا
«Аллагьумма рабби с-самавати с-сабгIи ва ма азлална, ва раббил арзина с-сабгIи ва ма акълална, ва рабби ш-шаятIина ва ма азлална, ва рабби р-рияхIи ва ма зарайна, фаинна насъалука хайра гьазигьил къаряти ва хайра агьлигьа, ва нагIузу бика мин шарригьа ва шарри агьлигьа ва шарри ма фигьа».
МагIна: «Я Аллагь, анкьго зобалъулги гьез рагIад гьабулебщиналъулги БетIергьан, анкьабго ракьалъулги гьез баччулеб жоялъулги БетIергьан, шайтIабазулги гьез къосинаруразулги БетIергьан, гьуразулги гьез риха-рикьизарурал жалазулги БетIергьан! Нижеца Дуда гьарулеб буго гьаб росдалги гьелъул гIадамазулги лъикIлъиялдаса. Ва нижеца Дудалъун цIуни гьабулебги буго гьаб росдал, гьелъул агьлуялъул ва гьелда жаниб бугеб жоялъул квешлъиялдаса», - абун (Байгьакъи, ХIаким).
Чан сон бараб мехалда лъималазда как базе малъизе кколеб?
Аварагас ﷺ абун буго: «Анкьго сон баралдаса нахъе лъимералда малъе как базе, анцӀго сон баралдаса бачIого тун инкар гьабиялъухъ тамихӀги гьабе», - абун (Тирмизи).
Лъималазда как базе малъиялъул хӀакъалъулъ «ИгIанату ТIалибин» абураб тӀехьалда хъван буго: «Эбел-инсуда тӀадаб букӀуна лъималазда, ясал-васазухъ балагьичӀого, мумайизлъиялъул гIужалде рахараб (жидецаго туалеталда хIажат тIубалеб, кваналеб, гьекъолеб) анкьго сон бараб мехалдаса нахъе киналго шартӀалги тIуразарун как базе малъун, гьелъул амру гьабизе.
Эбел-эмен гьечӀони, гьеб амруялъул жавабчилъи тIаде ккола инсул яги эбелалъул рахъалъ кӀудияв инсуде ва эбелалде цинги хадусеб гIагарлъиялде. Гьел ратичIони, какил иш лъимералда малъиялъул жавабчилъи гьелъул бербалагьи гьабулесде ккола.
ХӀажалъи ккани, гьез жидерго лъималазда бичIчIизабизе ккола как теялдалъун тамихӀ гьабизе бугиланги.
АнцӀго сон бан хадуб лъимералъ паризаяб яги гьоркьоб биччараб как баялда ялъуни гьелъул шартӀазда хурхун тIаса-масалъи гьабулеб бугони, тӀадехун рехсарал гьезул жавабчилъи тӀаде босулел гӀадамаз лъимада кьабула ругъун лъолареб (тарбия гьабиялъул къагIидалда) кьабиялъ».
Лъимералда какил ва гьеб теялъул бугеб кIвар бичIчIизабун. Гьедин гьабейин абун буго хирияв Аварагас ﷺ хIадисалдаги.
(«ИгIанату ТIалибин»)