Аслияб гьумералде

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Суал-жаваб

Как балеб мехалда хадусеб как ахIани, балеб букIаралъул хIукму кинаб бугеб?

Жиндир какил бутIа гIужда ккарав ва цогияб, хадусеб какги ахIун, гIуждаса бахъун ккарасул как, балелъул цо ракагIатгIаги камилго гIужда ккун батани, тIобитIун бараблъун букIуна. Цо ракагIатгIаги гIужда ккун батичIони, бецIараблъун букIуна. Гьелъие хIужалъун буго Абу Гьурайратидасан Бухари Муслимица бицараб хIадис: «Бакъ баккизегIан цебе цо ракагIатгIаги рогьалил какил гIужда бан бахъарав, рогьалил какалда нахърегIаравлъун (гьеб гIужда баравлъун) вуго…», - абун.

(«Фикъгьул мангьаж»)

 

 

Цо-цо бакIазда букIуна как ахIун хадуб салават битIулеб, гьелъул хIукму щиб?

Как ахIиялъул суннатал жал рехсолелъул, иргадулаблъун хъвалеб буго, как ахIун лъугIидал дугIа гьаби ва Аварагасде ﷺ салават битIи бугин абун.

ГIабдуллагь ибну ГIумарица рехсолеб буго, жинда рагIанила Аварагас ﷺ абулеб: «Будунас как ахIулеб рагIараб мехалъ нужецаги абе гьес абуралда релълъараб. Цинги диде салаватги битIе. Щив чи вугониги диде салават битIун, Аллагьас ﷻ гьесде анцIго битIула. Цинги гьаре нужеца Аллагьасда ﷻ дие «Ал-Василат». Гьеб буго Алжаналда цо хасаб бакI-даража, жибги Аллагьасул ﷻ (унго-унгоял гурони) лагъзадерие щолареб. Дирги хьул буго дун гьединаздаса вукIине. Аллагьасда ﷻ дие «Ал-Василат» гьарарав чиясеги дир шафагIат хIалаллъула», - абун (Муслим).

Как ахIун лъугIидал хадуб нилъеца цIалулеб дугIа цIаларав чиясеги Къиямасеб къоялъ Аварагасул ﷺ шафагIат хIалаллъулин абун буго Бухарияс бицараб хIадисалда.

Гьеб дугIаги Аварагасде ﷺ битIулеб свалат-саламги будунас гьабила, гIенеккарасда гьебги какде ахIиялда гьоркьобе унеб жо бугин кколаредухъ, гьитIинаб гьаракьалдалъун, гьелдаги хурхинабичIого, ай гьоркьоб лъалхъиги ккезабун.

(«Фикъгьул мангьаж»)

 

 

 

Цо чIужуги ячун, гьелда къокълъун чIей, исламалда лъикIаблъун рикIкIунищ?

ШафигIияб мазгьабалда рекъон, кIиабилей чIужуялде хIажалъи гьечIони ялъуни гьел кIиялго хьихьизе рес батичIони цо лъадуда гIей гьабизе лъикIаб буго.

КIиго ялъуни цIикIкIун руччаби рачарасда тIадаб буго гьезда гьоркьоб ращалъи гьабизеги, гьезие квен-тIех, ретIел ва рукIине бакI чIезабизеги.

(«Мугънил МухIтаж», «ХIашияту Шибрамалиси», «Мингьажу ТIалибин»)

 

 

 

Как бан бахъиндал какикьтIам тIамухъего тезе бегьулищ цогидаб какил заман щвезегIан?

Бицунеб рагIун букIана гьедин тани шайтIаналъ гьелда тIад как балин абун.

Нилъеда лъазе ккола шайтIан гьениб тIад гIодоб букIунареблъи ва гьелъ какалги ралареллъи. Гьединлъидал, какикьтIам рагьун теялдалъун щибго къварилъи гьечIо. Амма рагьун теялдалъун гьелде тIаде хъублъи ялъуни нажаслъи бачIине рес бугони, сукIун нахъе лъезе ккола.

 

 

 

ГIумра гIемер гьабизе бегьулищ?

ГIумра гIемер гьабизе суннатаб буго. Санайил чанго нухалъ гьабизеги лъикIаб буго, хасго рамазан моцIалъ. Аварагасул ﷺ кьучIаб хIадисалда буго: «Рамазан моцIалъ гьабураб гIумраялъул кири бащалъула дида цадахъ гьабураб хIежалда», - ян.

(«ТухIфатул МухIтаж»)

 

 

 

ТIохдаса чваххун бачIунеб цIадал лъеца какие чуризе бегьулищ? ХIанчIазул ракги тIохазда

букIунелъул.

ШафигIияб мазгьабалъул «ХIашията Къайлуби ва ГIумайрат» абураб тIехьалда хъван буго: «Лълъелъ бугеб хIанчIазул дагьаб ракалдаса гIавфу гьабула, гьеб рак хIанчIазул батичIонигицин», -  абун.

Гьединлъидал, дагьабго къадаралда хIанчIазул рак гъорлъе ккараб лъеца какие чуризе бегьидал,  жинда гъорлъ рак бугищ-гьечIищали лъалареб, тIохдаса чваххун бачIунеб лъеца какие чуризе бегьула.

(«ХIашията Къайлуби ва ГIумайрат», 1 бутIа, гьум. 26)

 

 

 

Ракьа хисизе бегьулищ, масала, рищалаби?

Ракьа хисизе бегьула гьелде хIажат батани. Мисалалъе, ракьа бекараб мехалъ яги гьеб унтидал.

Гьелъул бакIалда лъезе кинаб тIаса бищилебин абун цIехани, шафигIияб мазгьабалда рекъон, гьаб тартиб цIунизе ккола:

  1. Искусственияб протез яги кваназе бегьулеб хIайваналъул ракьа лъела.
  2. Гьел гьечIони яги захIмалъулеб бугони, кваназе бегьулареб хIайваналъул ракьа лъела.
  3. Гьелги данде ккечIони, болъонил ракьа лъела.
  4. Болъонилги данде ккечIони, гьведул ракьа лъела.
  5. Цоги чиясул ракьа лъезе бегьула рес къотIидал, тартибалда рехсаразул хIалбихьараб мехалъ яги гьезул пайда гьечIони.

(«ТухIфатул МухIтаж», «ХIашияту Ширвани»)

 

 

Аварагас жинцаго кагътал хъвалел рукIанищ?

Гьелда тIасан гIалимзабазул хилаф буго. ГIемерисел гIалимзабаз абуна Аварагас ﷺ жинцаго кагътал хъвачIин. Цогидал гIалимзабаз абуна Къуръан Аварагасухъе ﷺ рещтIине байбихьидал хъвазе ва цIализе байбихьанин. Гьел гIалимзаби руго Абу Зар Гьарави, Абул Валид Бажи, Абул ФатхI Нисабури ва гь.ц.

Имам КъуртIубияс абуна: «ГIакълуялъ гьеб бажаруларин абуларо ва шаригIаталъги тIоритIел гьабичIо гьеб бажарулареб жо гурин абиялде», - ян.

(«ЖамигIул АхIкамил Къуръан»)

 

 

ХIелкал рагъизаризе бегьулищ?

Имам Нававияс «МажмугIалда» хъван буго: «ХIарамаб буго хIайванал рагъизаризе ибну ГIаббасидасан бицараб хIадисалда рекъон: «Аварагас ﷺ гьукъана хIайванал рагъизари», - ян.

Гьеб хIадис имам Абу Давудицаги имам Тирмизиясги кьучIаб иснадгун рехсана.

АхIмад ГIумайрияс «ХIашиятул ГIумайрия» абураб тIехьалда хъван буго: «ХIайванал цоцалъ рагъизаризе хIарамаб буго», - ян.

(«МажмугI», «ХIашиятул ГIумайрия»)

 

 

 

 

Гьабураб лъимада лахI гIадинаб чIегIераб жо бахине бегьулищ?

«ШархIу Суннат» абураб тIехьалда буго, ГIусман-асхIабас абунила берцинав вас вихьидал: «Нилъу бугеб бакI белъе гьесул, бер ккечIого букIине», - ян.

ГIалимзабаз абуна ГIусман-асхIабас амру гьабиялъе гIилла букIанин чиясул бералъул балагьи гьелде буссинелъун ва лъимада бер ккечIого букIине. Бокьараб лага белъине яги гьелда чIегIераб тIанкI лъезе бегьула.

(«Имам Багъави», «ШархIу Суннат», «МафатихIул Жинан»)

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...


Татар мацIалде буссинабуна

ДРялъул муфти, шайих АхӀмад-афандил «ЛъикӀал тIабигIатазул ах» абураб тӀехь буссинабуна татар мацIалде. Таржама гьабуна Апанаевская мажгиталъул имам, «Иман» басмаханаялъул директор, тарихиял гӀелмабазул кандидат Нияз-хӀазрат Сабировас. Татар мацӀалде буссинабураб тIехьалъул...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...