Аслияб гьумералде

ГIинго тIамуларо

ГIинго тIамуларо

ГIинго тIамуларо

«Дир лъимералъ дица абулеб жоялъухъ гIинго тIамуларо». «ЧанцIулго абураб мехалъ яги ахIдедал гурони дир вас ялъуни яс, жиндирго хIай, телефон тун, дихъ гIенеккуларо». Гьазда релълъарал гIарзал гIемер рагIула. ГIемерисел улбул хьул къотIун хутIула. Щибха гьединаб мехалъ гьабизе бегьулеб? Щайха лъималаз абураб жоялде кIвар кьолареб? Щай гьезда нилъ рагIуларел? Нилъеда ккола, лъималазул гIадалнах чIахIиязулго гIадин хIалтIулин. Амма гьеб гьедин гьечIо. Лъимадул бичIчIиялъул даражаялде рещтIине ккола.

 

Масала, лъимер буго жиндирго хIаязде машгъуллъун. Гьеб заманалда чIахIиязул цояз гьелда щибниги жо гьабеян абуна. Нилъеда ккола, кIудияв чияс гIадин, лъимералъ, кинабгоги рехун тун, гьебсагIат доб жо гьабизе кколин. Жиндиего бокьулеб иш гьабулеб бугеб лъимерин абуни, цо жо рагIаниги, расанкIабазде (телефоналде, мультиказде) машгъуллъиялъ гьелде кIварги кьечIого чIола. ЧIахIиязда ккола лъимер ургъунго кIалъалеб гьечIин, квешезего чIолеб бугин. Амма хIакъикъаталда гьеб буго гIадалнахул хIалтIи, нилъеца абухъе, гьезул психика батIияб хIалалъ хIалтIула. АхIдон, ццидахун  лъимер жидедего буссинабиялде рортула гIемерисел. Амма гьелъ я лъимадуе, я чIахIиязе зарал гуреб гьабуларо.

Гьеб масъалаялъул буго гьадинаб хIукму: лъимералда цо жо абулаго циндаго мухIкан гьабе, гьелда нуж рагIун ругищали. АскIоре ун, бадире балагьун, цин нужехъго лъимер балагьун бугищали халгьабе. Яги гьелда квер хъван, лъимадул кверал ккун, нужедего кIвар буссинабе. Цинги абе, малъе бокьараб жо. Гьеб мехалъ мухIканго гьитIичидаги бичIчIула нужее къваригIараб, нужгоги ццидал цIадулъе ккечIого хутIула. Жеги бегьула лъимералда гьаризе, нужеца малъараб жо такрар гьабейин. Гьедин мухIканлъула гьелда малъараб битIун бичIчIи ва жеги жинцаго жиндиего гьеб тIубазе буюрухъ кьураб кинниги хIукму къотIула гIадалнахалъ.

Лъималаздехун нух бахъизе кIвахIаллъизе бегьуларо. КIвар кьечIого тун, квеш кIалъан, психика хвезабизе бегьуларо. Къиямасеб къоялъ гьеб лъимер дуда кIалгьикъизе бачIине букIин кIочонге. КIвараб жигар бахъе Аллагьасул диналда рекъон, аманат тIубан, гьитIинаб гIел куцазе.

Гьаб буго лъимал ричIчIиялде нилъ гIагарлъиялъе цо къагIида, нилъер нухлул цо гали. Хадусел номеразда нилъеца цадахъ иргадулал галабиги тIамила, ин шаа Ллагь.

 

Хадижат Хизриева

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Министерствоялда дандчIвана

ДРялъул ЗахӀматалъул ва социалияб цебетӀеялъул министерствоялда тӀобитӀана гьеб идараялъул ва муфтияталъул вакилзабазул данделъи. Тадбир нухда бачана хасаб рагъулаб операциялъул гӀахьалчи ва МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул имам ГӀиса Салимсултановас. Гьес бицана иманалъул аслиял рахъазул...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


Муфтиясухъ гьоболлъухъ

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда, муфти, шайих АхӀмад-афандияс къабул гьабуна Пачалихъияб Думаялъул регионалияб политикаялъул ва бакӀалъулаб нухмалъиялъул комитеталъул делегация. Гьеб делегация республикаялде бачӀун букIана бакӀалъулаб нухмалъиялъул къанунал гӀумруялде рахъинариялъул...


Караматалъул мисал

Халкъалда гьоркьор цIакъго кIвар цIикIкIарал ишаздасан ккола карамат бихьи. ХIатта цо-цоял камуларо, хIакъикъияв устарасда цевеги чIун, мун устар ватани дида карамат бихьизабеян нагIадала ккун чIолел. Гьеб буго хIакъикъияб къагIидаялда караматалъул магIна бичIчIунгутIи.   РабигIадул...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...