Аслияб гьумералде

Лъималазул цебетIей

Лъималазул цебетIей

Лъималазул цебетIей

Великобританиялда гьарурал цIех-рехаз ритIухъ гьабуна бусурбабазда 14 гIасруялъ цебе лъалеб букIараб.

 

ГIелмиял цIех-рехазда рекъон, инсанасул гIакълу, цIодорлъи цIикIкIарасеб куцалда бараб букIуна инсул гуреб, эбелалъул геназда. Гьединлъидал, бихьинчиясда рекъола жиндиего цIодорай чIужу ячине. Амма тIубараб 100 проценталъ гуребха лъимадул гIакълу эбелалда бараб букIунеб. 50 процент бараб букIуна кIудияб гIолаго гьелъие щвараб тарбиялда ва сверухъ букIунеб хIалалда. Кинниги, лъимадул гIадалнахул цо-цо бутIаби камиллъиялъе эбелалдаги лъимералдаги гьоркьоб бугеб бухьен ккола, аслияб куцалда, асар гьабулеблъун. 7 сон бачIел лъималгун улбузул гьоркьоблъиялъухъ халгьабидал, лъикIаб бербалагьи щварал лъималазул гиппокамп 10 проценталъ цебетIун батун буго.

БитIахъе гIакълуялъе асар гьабулеб гьечIониги, инсул кIварги лъимадул гIумруялда жаниб сунцаго хисуларо.

Гьанжего-гьанже гIелмуялъ рагьарал гьел хIужабаз ритIухъ гьабуна бусурбабазда цебего лъалеб букIараб жо. Исламалъ кIудияб кIвар кьола руччаби, бихьиналго гIадин, лъай бугел, цIалараллъун рукIиналде.

Масала, исламалъул тIоцересел гIасрабаз руччабазе рес щун букIана щибго квалквал гьечIого гIелму цIализе, кинабго жоялъулъ церетIезе. Гьеле гьеб заман букIана халипат бищун тIегьан бачIараб, гIемерал гIелмиял цIирагьиял гьарураб, исламиял гурелги дунявиял гIелмабазулги пишачагIи рахъарал. Амма руччаби, ислам бачIиналде цебе гIадин, цIалиялдаса гьукъидал, рукъ бакIари, квен гьаби гуреб, гьелъие тIокIаб хIажат гьечIин абидал, бусурбабазул ракьазда гIелмияб цебетIей ссун ана. БакътIерхьул пачалихъалин абуни, бусурбабазул цIирагьиялги хIалтIизарун, дунялалда бищун церетIураллъун лъугьана.

Гьаб заманалда гьеб масъала дагь-дагьккун рукIалиде бачIунеб буго. Божи буго, цебего гIадин, цо заман бачIинин бусурбабазул ракьазда гIелму тIегьараб. «ЧIужугIаданалъ цояб квералъ кини, цогидалъ тIолабго дунял кIибикIула», - ян абураб кициги кIочене тезе бегьуларо.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...