Аслияб гьумералде

Гьелъул рокъоб рещтIунаан вахIю

Гьелъул рокъоб рещтIунаан вахIю

Гьелъул рокъоб рещтIунаан вахIю

ГIаишат бинт Абу Бакр. Аварагасда нахърилълъараздаса гьесухъе бищунго гIагарлъаразул цояй йикIиндал, ГIаишатил цIакъ гIемерал лъикIал рахъал рукIана. Исламалда гьелъул кIваралъул бичIчIула гIицIго гьаб хIужаялъги: тIадегIанав Аллагьас хирияб Къуръаналда ГIаишат ритIухъайлъун чIезаюна гьелда тIад бугьтан лъун хадуб.

 

Гьей йикIана Аварагасе ﷺ бищунго йокьулей гIаданлъун. Цо нухалъ гьесда гьикъана бищунго дуе щал рокьулелин абун. Аварагас ﷺ жаваб кьуна: «Руччабазда гъорлъ бищунго цIакъ дие ГIаишат йокьула, бихьиназда гъорлъ – гьелъул эмен» (Бухари).

Гьеб гуребги, къасиги къадги МухIаммадихъ рещтIунел рукIарал вахIю щолаан гьесухъе ГIаишатил рокъор. Аварагас ﷺ абунин буго: «Унго-унгоги, киданиги рещтIунароан диде вахIю лъудбузул рокъов вукIаго, ГIаишат хутIизегIан». (Бухари, Муслим)

Цогидал руччабазда тIад ГIаишатил къадру цIикIкIиналъул бицуна Аллагьасул Расуласул гьал рагIабазги: «ГIаишатил батIиял руччабаздаса тIокIлъи буго сарид (Аварагасе ﷺ бищун бокьулеб нигIмат) цогидаб квеналдаса цебе кквеялъул гIадаб» (Бухари, Муслим)

Гьеб гуребги, жидеда ричIчIуларел хIадисазе баян щвезелъун аварагасда нахърилълъарал унаан ГIаишатихъе. Гьелъ, риваятазулъ кинаб бугониги дуруслъи гьечIолъи яги дандеккунгутIи батидал, гъалатIал ритIизарулаан.

Халифаталъул заманалда ГIаишатица бусурбабазул гIолохъанаб пачалихъалъул бутIрузе кумек ва кинал ругониги кIвар цIикIкIарал хIукмаби рахъиялъулъ гIахьаллъи гьабулаан.

Гьанжесел цо-цо жагьилзабаз абулеб буго бусурбанчIужуялда кIоларин гIелму лъазабизе, гьелдалъун гьей хIакъир гьаюлей йигин, амма церехун рачарал хIужабаз гIаксалда бихьизабулеб буго. БусурбанчIужуялда тIадабцин буго пайдаяб лъай тIалаб гьабизе, кинаб бугониги суалалъулъ щвалде щвараб махщалил специалистлъун йикIине, МухIаммад аварагасул ﷺ лъади ГIаишат йикIарай гIадин.

 

Барият МухIаммадова

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...