Аслияб гьумералде

Зарал гьабичIо...

Зарал гьабичIо...

Цо гӀадан ячӀанила мадугьалалъухъе росасдасан гӀарз-гун: «Рокъове вачӀаравго рагьдухъанго вагъдезе, ахӀдезе байбихьула, хIехьезе кIолеб гьечIо. Щибдай гьабила гьев хисизавизелъун?» - абун гьикъанила гьелъ. 

 

- Дида пуланай гӀаданалъ малъун букӀана цо сабаб, гьеб хӀалтӀизабидал росал гӀодоре риччала, хӀалимлъула, - ян абунила мадугьалалъ, ва хIалтIизабулеб къагIида малъанила. Рос ахIдезе, семизе жуваравго, кванил гъуд цӀураб пуланаб дарман кӀалдиб ккве, рос гӀодове виччазегӀан къулчӀизеги бегьуларо.

Гьелъ кьураб даругун щванила рокъое. Анкьидаса данде ккедал, гьелъ йохун бицанила мадугьалалда:

- Баркала, гьудул! Дуца абухъе гьабуна ва кумек ккана. Дица дару кӀалдибе босарабго гӀодове виччала гьев. Гьанже ниж цIакъ берцинго руго, - ян.

Гьеб «гIажаибаб дару», ай руцIцIун чIезе бажари киназего хIажат буго. Аварагас ﷺ  абун буго: «Аллагьасда ва Къиямасеб къоялда иман лъолев чияс лъикIаб абе яги вуцIцIун чIа», - ян (Бухари, Муслим). Анасидасан бицараб хIадисалда буго: «Жиндир ццим бахъин рикIкIад гьабурав чиясдаса ТIадегIанав Аллагьас гIазаб рикIкIад гьабула. Жиндир мацI цIунарав чиясул гIунгутIаби Аллагьас рахчула», - ян.

Свакарав рос хIалтIудаса рокъове вачIунев вуго хIухьбахъизе бокьун. Лъадиги свакан йикIуна къоялъ лъимал хьихьун, рукъ бацIцIун, квен гьабун. Гьелъул жиндирго хIалтIиги батани, жеги свакан йикIинарищха. Гьеб ахӀвал-хӀалалда цоцада ричӀчӀичӀони, цоцаздехун рахӀмат хIалтIизабичӀони, гIайибал гIунтIизариялде руссани, щиб ккезе бугеб? ГIаксалда, балагье кIиязго Аллагьасул разилъи. Долъги хIаракат бахъе кIванагIан хъизамалъул гъансито гвангъизабун бакизе, рокъове инчIого, тIуризе бакI балагьизе рос тIамичIого, кидадай рокъове щвелаян гьесул пикру букIине. Досги чӀужуялъул рахъалдехун сабру гьабе, гьей йичIчIизе хIаракат бахъе.

50 сон цадахъ барал ва жеги лъиданиги цоцазде гьаракь борхун кIалъалел рихьичIел рос-лъадуда цIехон буго кинин бажарараб гьедин гIумру тIамизеян. Гьез жаваб гьабун буго, жидеца байбихьудаго дандбан букIанин, росасул ццим бахъараб мехалъ лъади юцIцIун чIезе, гьелъул ццим бахъиндал, росасги гьебго гьабизе. Гьеб къагIидаялда гIумруги тIамунин.

МацI цабзазда нахъа цӀунизе бажариялъ жеги лъиениги зарал гьабичIо. Нилъ, нилъецаго абураб рагӀул лагъзал ккола, абичIого таралъул хважаинзабиги руго.

Киназего тавпикъ кьеги «гIажаибаб дару» хIалтIизабун, нилъерго тIабигIатал берцин гьаризе ва хъизамал цIунизе.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...