Аслияб гьумералде

Рос кин тIаса вищилев?

Рос кин тIаса вищилев?

Аварагас ﷺ абуна: «Диналда ва гIамал-хасияталда нуж разияв чи яс гьарун вачIани, нужеца ригьин гьабе. Гурони, дунялалда питна тIибитIизе буго», - ян (Тирмизи).

 

ЛъикIай чIужу тIаса йищизе ккеялъул ва гьей йищулеб къагIидаялъул гIемер бицуна. Амма лъикIав рос тIаса вищиялъул бицен къанагIат гурони батуларо.

«ГIарцул чванта цIурасе а», «Рукъги машинаги букIине ккола», «ЛъикIаб хIалтIуда вугев тIаса вище», «Берцинав ватани гIола»... Гьединал «насихIатал» гIемер рагIула. Телевизоралдасан бихьараб рокьи гьаби къваригIуна цо-цо ясалазеги. Нусго роза-тIегь бачIине кколин, «Айфон» сайгъат гьабизе бахIарасда тIадаб бугин чIола.

Диналда рекъон битIараб бугищха гьеб? Унго-унгояб талихI щвезе ва баракат лъезе ккани, сундул халгьабизе кколеб вукIинесев рос тIаса вищулаго?

Щияй чIужугIаданалъе бокьула жиндаго аскIов унго-унгояв бихьинчи вукIине, къо ккедал мугъчIвазеги ватулев. Чара гьечIого, гьединаб талихI щвезе ккани, тIоцебесеб иргаялда, чIужугIадан жийго йикIине ккола диналда тIадчIарай, такъва бугей. ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абун буго (магIна): «ЛъикIал бихьинал - лъикIал руччабазе, лъикIал руччаби - лъикIал бихьиназе», - ян (Ан-Нур, 26 аят). Мун диналъул тIалаб бугей ятани, Аллагьас ﷻ дудаги гьединавго дандчIвазавила. Гьединлъидал, тIоцебесеб иргаялда, хIаракат бахъизе ккола дудаго тIад хIалтIизе, иман щула гьабизе. Абизе бегьула гIемер рукIунин лъикIазе квешал ккарал лахIзаталги. РукIуна. Гьелъулъги Аллагьасул ﷻ хIикмат камун букIунаро. Гьедин чуризе ккарал мунагьал ратизе бегьула, хIалбихьиялъе, яги сабру гьабиялдалъун даража тIадегIан гьабиялъе, фиргIавнил чIужу Асиятил гIадин.

Аварагасул ﷺ хирияб хIадисалда буго: «Лади тIаса йищула ункъо жоялъухъ балагьун: диналъухъ, берцинлъиялъухъ, бечелъиялъухъ ва насабалъухъ. Дин тIаса бищарав бергьина», - ян (Муслим).

Гьебго хIадисалда рекъон, Аварагасул ﷺ малъа-хъваялда нахъйилъун тIаса вищила росги. Динияб рахъ бугес лъадул хIакъал тIурала, жиндаса шаригIаталъ тIалаб гьабулелда тIадчIела, лъималазе лъикIав эменлъун вукIина. Хасго гьев исламияб гIелму-тарбия щварав ватани, Аллагьасе ﷻ гIололъун гIуцIараб, хIарамлъиялдаса цIунун данделъарал рос-лъадиялда гьоркьоб БетIергьанас ﷻ рокьи щула гьабула, берцинаб гьоркьоблъи, гIамалрекъей кьола. Амма цогидал жалазул халгьабун, диналъе кIвар кьечIезда цебе баркат гьечIолъи бихьизе рес буго. Чара гьечIого, дингун цогидал сипатал данделъани - жеги лъикI буго. Амма дунявияб жо тIоцебесеб бакIалда лъезе бегьуларо.

ЦIияб хъизан гIуцIулаго, кIиязулго ният букIине ккола суннат тIубай, ригьин гьаби суннатаб бугелъул. Жеги ният гьабила мунго хIарамалдаса цIуниялъе бугин ва жиндир умматалъул кIодолъиялдаса Къиямасеб къоялъ Авараг ﷺ вохизе вугелъул, гьев вохизавизеги ният гьабила. Гьедин данделъарал рос-лъадул баракатаб хъизан букIина.

 

 

Хадижат Хизриева

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


Халкъалъе рухса

Аллагьас ﷻ, Жиндирго рахIма-талдалъун, сапаралъ унел бусурбабазе ахIвал-хIал бигьа гьабуна. Гьединлъидал, сапаралъ унев чиясе изну кьола цо-цо бигьалъабаздаса пайда босизе. Гьел бигьалъабазда гъорлъ руго ункъо ракагIаталъул какал кIигоялде къокъ гьари, гьединго кIиго как цоцаде тIаде...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Авараг ﷺ кинав вукIарав…

Нилъеца гьаб дунялалда гьабуралъул ахираталде босулелдасан буго гьабураб гIамал. Гьелъ, МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса нилъги гьарун ругелъул, щивас пикру гьабуни рекъараб буго Аварагасул ﷺ гIамалалда релълъараб чан гIамалдай дица гьабулебин абураб жо. ХIадисалда буго инсанасул жаназа нухда...