Аслияб гьумералде

Лъималазул рукIа-рахъин

Лъималазул рукIа-рахъин

Лъималазул рукIа-рахъин

Цо гIамал буго, гIемерисел гIадамаз гьабулеб, амма жиб гIибадатлъун букIин лъалареб.

 

Масала, нилъее рокьула гIисинал лъимал. Аллагьас нилъер тIабигIаталъулъ лъунги буго гьездехун гурхIел. Нилъеца гьел реэдула, гьелгун расандула. Амма чан чиясдаха лъалеб гьеб кинабго Аварагасул ﷺ суннат букIин? Хирияв Расулас ﷺ даимго рахIму гьабулаан киналго гIадамаздехун. Амма лъимаздехун хассаб бербалагьи букIана. ГIемерал хIадисал руго гьес лъималазулгун гьабулеб букIараб гьоркьоблъиялъул бицунел. Умматалъулго амру тIад бугев Расуллъун вукIаниги, чиярал лъималцин гьес кIвар кьечIого толароан. Къвал балаан, васандулаан, берцинал тIокIцIарал кьолаан. Лъималазеги Авараг ﷺ цIакъ вокьулаан. Гьез рохун бицунаан, жив Аварагас ﷺ кодове вачанин, чода рекIинавунин, ботIрода квер бахъанин абун. ХIатта гьелдалъун чIухIицин загьир гьабулаан.

Жакъасел гьитIичазул метер рахъуна умматалъе пайда цIикIкIарал махщелчагIи. Гьединаллъун гьел рукIине ккани, гьитIинаб къоялдаса нахъе щвезе ккола камилаб тарбия. Мисалалъе, 1187 соналъ Байтул Мукъаддас жинца жугьутIаздаса эркен гьабурав СалахIуддин Аюби, лъимерлъун вугев мехалда, инсуда вихьула къватIив васандулев.  АскIовеги ун, инсуца гьесда абула, мун расанкIаби хIазе гурев, Байтул Мукъаддас эркен гьабизеялъе гIоло вачIун вугин гьаб дунялалдеян. Гьел рагIабиги абун, инсуца, ворхатав чияс, вас эхедеги ворхун, вортизе виччан тола. ГIодов речIчIидал, васасухъа гьаракьцин борчIуларо. «Мун щай гIодуларев, дир вас?» - ан инсуца гьикъидал, «Байтул Мукъаддас эркен гьабизе вугев чиясе гIодизе рекъоларо», - ян жаваб гьабула гьес.

900 соналда жаниб чанго нухалъ бусурбабаз бахъизе хIалбихьараб, амма лъиданиги бажаричIеб Константинополь мукIурлъана МухIаммад ФатихIие. Гьесул букIана 21 сон. ГьитIинаб къоялдаса нахъе, эбелалъ гьесда абулеб букIун буго, мун вугин гьеб бахъизе кIвезе вугев чийилан абун. ХIадисалда Константинополь бусурбабаз кверде босизе букIиналъул рохел бицун букIана. Шагьаралъул дазуялъухъе вачун, рикIкIадасан гьелъул къадал рихьизарун, мун вукIине кколин жиндир хIакъалъулъ Аварагас ﷺ бицун тарав чиян, гъира базабулеб букIун буго гьесул эбелалъ.

Гьаб кIиябго мисалалъ бихьизабула, лъимералъул букIинесеб эбел-инсуда гIемерго бараб букIин. Бодул бетIерлъун вахъинчIониги, дуда кIола дурго лъимер пайда цIикIкIарав, Аллагьасул разилъиялъе мустахIикъав инсанлъун гIезавизе. ЛъикIай яс гIезайи абуни, гьеб тIолабго гьелъул наслу лъикIаб лъугьиналъе сабаб буго.

Лъимер кодобе бачанщинахъе, расандулаго, гьелда цIияб жо малъула, бокьараб куцалъ гьелда цадахъ заман тIамула ва ракIалдаса ине биччаге, нужеца суннат тIубалеб букIин. Гьедин, Къиямасеб къоялъ, дунявиябин ккун букIараб ишалъухъ нужеда ратила кириялъул кIудиял гохIал.

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...