Аслияб гьумералде

Рамазаналде хIадурлъи

Рамазаналде хIадурлъи

Рамазан ккола щивав бусурбанчиясул гӀумруялда жаниб хасаб бакӀ кколеб хирияб моцӀ. Гьеб ккола рухӀияб рахъалъ цӀилъиялъул, гӀибадат цӀикӀкӀинабиялъул, живго лъикӀлъизавиялъул заман. Амма рамазан моцӀалъул баракат тӀубанго лъазе ва гьелдаса пайда босизе ккани, гьелде хӀадурлъи гьабизе ккола шагӀбан моцIалъго.

 

Щайха хӀадурлъи гьабизе кколеб?

Хирияв МухӀаммад Аварагас ﷺ хасаб кӀвар кьолаан гьеб моцӀалде, гӀибадат гьабиги цӀикӀкӀинабулаан. ХӀадисалда буго, Аварагас ﷺ шагӀбан моцIалъ, рамазаналъ хутIун, бищун гIемер кIалал кколаанин абун.

ШагӀбан моцӀалъ рамазаналде хӀадурлъиялъе кумек гьабула:

  1. Дагь-дагьккун кӀалккун моцӀа-лъул рухӀияб ритӀухълъиялде руссине.
  2. Дунялалъул ургъалабаздаса ракӀги пикруги бацӀцӀад гьабизе.
  3. ЦIикIкIун гьарурал гӀиба-датаздалъун Аллагьасулгун бухьен щула гьабизе.

 

РухӀияб хӀадурлъи. ГӀибадат цӀикӀкӀинаби

Рукъалъул ва хъизамалъул хӀалтӀи гьабизе ккола рамазан моцӀалъ гӀибадат гьабизе цӀикӀкӀун заман хутӀулеб хӀалалда. ШагӀбаналъ какал раялъул, Къуръан цӀалиялъул, дугӀаялъул, зикруялъул къадар дагь-дагьккун цӀикӀкӀинабизе лъикӀаб буго. Гьелъ кумек гьабула рамазан моцӀалъ рухӀияб цӀилъиялде щвезе.

 

Аварагасул суннат

ШагIбаналъул кумек щола рамазан моцӀалъ кӀал кквеялде черхги рухӀги хӀадур гьабизе. Амма шагӀбаналъул 15-абилеб къоялдаса байбихьун кӀал кквезе карагьалъула, гьелде щвезегIан кIалал кколел рукIун ратичIони яги бецIулеб кIал батичIони. Амма хъахIал къоязул яги итни-хамизалъул кIалал кквезе карагьатаб гьечIо. ЛъикIаб буго гьоркьохъеб къагӀида цӀунизе.

РакӀбацӀцӀадго тавбу гьабила. ШагӀбан буго тавбу гьабизе, мугьанал тезе ва Аллагьасда тӀаса лъугьаян гьаризе лъикӀаб заман.

Къуръан цӀалила. ХӀаракат бахъила аятазул магӀна бичӀчӀизе ва гьезда тӀад ургъизе. Гьелъ кумек гьабула рамазан моцӀалъ Къуръан цӀалиялде цIикIкIун кIвар кьезе.

ДугӀаялдалъун Аллагьасулгун бухьен щула гьабила. ДугӀабазул къадар цӀикӀкӀинабила. ТӀадегӀанав Аллагьасда гьарила рамазан моцӀалде хӀадурлъиялъе кумек гьабеян, ккурал кӀалал ва гьабураб гӀибадат къабул гьабиялъе, мунагьал чуриялъе, хъизан-агьлуялъе баракат щвеялъе гьабила дугӀа. Гьеб ккола муъминчиясул къуватаб ярагъ.

Рамазан моцӀ буго ифтаралъул ва сухӀуралъул заман. ХӀадур гьаризе ругел квеназул цебеккунго хӀисаб гьабила ва кванил нигӀматазул сияхӀ гIуцIила. Рес батани, шагӀбан моцIалъго хIажатал нигӀматал росун тезе лъикӀаб буго, рамазан моцӀалъул къиматаб заман тукаби сверулаго гӀадада хвезабичӀого букӀине.

МухӀканго рацӀцӀа-ракъалъи гьабила ва кинал рукӀаниги рукъалъул хӀалтӀаби лъугIизаризе хIаракат бахъила. БацӀцӀадаб ва санагӀатаб рукъалъ лъикIаб асар гьабула ва рес кьола гӀибадаталде ракӀ буссинабизе. ХӀаракат бахъила гӀибадаталъе заман эркен гьабизе.

Ифтаралде ва сухӀуралде хӀадурлъила. Ифтаралде гьалбал ахӀизе яги кӀудияб хъизамалъе квен гьабизе ракӀалда батани, цебеккунго ургъила щиб гьабилебали.

Байбихьила дагь-дагьккун макьу ва квен-тӀех рекъезабизе, рамазан моцӀалъул хиса-басиязда рекъон хьвадизе гьелъ кумек гьабизе букIине.

Цебесеб соналъ кквечIого хутIарал кIалазул налъабаздаса эркен гьаризе хIаракат бахъе. Цебесеб рамазан моцӀалъул кӀал ккурал къоял камун ратани, хӀаракат бахъе гьел шагӀбан моцIалда жаниб тӀуразе.

Рамазан моцӀ буго сахаватлъиялъул моцӀ. ШагӀбаналъго ургъе къварилъиялда ругезе кин кумек гьабизе бегьулебали. Садакъа цIикIкIинабе, гурхIел-рахӀмуялъулал тадбиразда гӀахьаллъизе хIаракат бахъе.

ХӀадурлъи гьабиялъулъ лъималги гIахьал гьаре. Гьезие бице рамазан моцӀалъул кӀваралъул ва баракаталъул хӀакъалъулъ.

ШагӀбан буго рамазаналде лъолеб кьо, рухӀияб сапаралъ рахъиналде хӀадурлъизе рес кьолеб моцӀ. Гьеб заманалдаса пайда босизе ккела ракӀ бацӀцӀад, иман щула гьабизе ва баракатаб моцӀ къабул гьабиялъе кӀвараб къагӀидаялъ хӀадурлъизе.

Аллагьас ﷻ тавпикъ кьеги, гьабураб гӀибадат къабул гьабеги. Амин.

 

 

Хадижат Хизриева

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...