Аслияб гьумералде

Алжаналда чӀужу лъида цадахъ йикӀуней?

Алжаналда чӀужу лъида цадахъ йикӀуней?

Абулеб рагIана кIицIул яги цIикIкIун рукъалде ун йикIарай чӀужугӀадан Алжаналда йикIунин тӀоцевесев росгун цадахъ. Бокьилаан гьелъул мухIканлъи лъазе.

 

Щивав чи вукӀуна гьаб ракьалда жиндиего вокьулев чигун цадахъ. Амма бищун лъикӀаб гӀамал-хасият букӀарав росасда аскӀой чӀужу Алжаналда йикӀине йигин абураб пикру буго гIалимзабазул. Аварагасул ﷺ чӀужу Умму ХӀабибаца цо нухалда Аварагасда ﷺ гьикъун буго: «ЧӀужугӀадан кIицIул росасе ун ятани, Алжаналда гьей лъида цадахъ йикӀуней?» - абун. Аварагас ﷺ жаваб кьун буго: «Гьей йикӀине йиго бищунго лъикӀаб гӀамал-хасият букӀарасда аскӀой, бищунго лъикӀаб гӀамал-хасият гьаб дунялалдаги доб дунялалдаги бищун лъикӀаб бугелъул», - ян.

Гьединго, чӀужугӀаданалъ жинцаго тӀаса бищизе бугин кинасда цадахъ йикӀине бокьилебали абураб пикруги буго.

МугӀавияе, Абу ад-Дарда хведал, бокьун букӀана Умму ад-Дарда ячине. Гьелъ абуна: «ХӀакъикъаталдаги дида рагӀана Абу ад-Дардаца абулеб, Аллагьасул Расулас абун букӀанин: «Рос хварай ва гьесдаса хадуй росасе арай чӀужугӀадан ахирисев росгун йикӀине йиго», - ян.

Чанго чиясе росасе ун йикӀарай гӀадан йикӀине йиго ахирисев яги тӀоцевесев росасда цадахъ. Гьелъие тӀаса вищизе ихтияр кьезе бугинги буго ва гьелъги тӀаса вищизе вугила гӀамал-хасият лъикӀав рос. ТӀадегӀанав Аллагьасда божарай, амма росасе ун йикӀинчIей гӀадан Алжаналде лъугьина ва Аллагьас жиндие тӀаса вищарав чиясул чӀужулъун йикӀина. Гьединго, квешав, иман гьечIев чиясул лъадилъун йикIаралъеги БетIергьанас Алжаналда лъикIав рос кьела, фиргIавнил чIужу Асиятие МухIаммад авараг ﷺ кьурав гIадин.

 

Хадижат Хизриева

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...