Аслияб гьумералде

Цlуне, Аллагь, Дагъистан

Цlуне, Аллагь, Дагъистан

Цlуне, Аллагь, Дагъистан

Дие боьун буго баркала кьезе

Шамил районалъул Гьандихъ росдае,

Гьадинаб Иманги, Ислам, Ихlсанги

Руччабазда жаниб сукlун лъуралъухъ!

 

Дагъистаналда балеб бугеб Гlиса аварагасул цlаралда бугеб РухIияб централъул руччабазул бокlоналда тIад гьабизе тlохги минаретги тlаде босараб мехалъ, тlоцере Шамил районалъул руччаби рачlана, бетlералда Гьандихъа МутагIилова Хадижатгун, 6 миллион гIанасеб гъурущгун. Аллагьас Алжаналда жанир хъулби ран ратаги гьезиеги хутlарал киналго руччабазеги!

 

Гьанжеги, хlалтlухъабазе квен гьабизе кумекалъе щибаб районалъе цо-цо къо бикьулаго, чидахъе биччалебго букlинчlо гьез, амма моцlида жаниб ичlго къо бахъичlого чlечlо - гьедин цере ккаги нуж ахираталдаги лъикlал гlамалазулъ.

Гьандихъ росдаде ирга щведал, Хадижатида ункъо чlужу тlаса йищун бажаричlо, киназулго гъира букlун. Гьезул бачlана кlудияб къокъа, квен гьабизе сурсатазул машинаги цlун, гьелде тlадеги, централъул паркалда кIиго гъветl чlезе гlарацгун. Цояб гъветl гьез чlана Ахlмад-афандиясул (къ.с.) цlаралда, цогидаб - Палестинаялъул шагьидзабазул цlаралда.

Нужеде ракlалде ккоге, диналъул яцал, Шамил районалъул руччабаз гурони гьабуларищин лъикlлъи абун. Гьабула, Алхlамдулиллагь, гьединал лъикlал гlадамазда гъорлъ Дагъистаналда рижун ратидал! Амма щибаб ишалъулъ цевехъан къваригlуна, гьедин гьечlони, гlадлуги тадбирги букlунаро. Гьединал церехъабилъун жакъаги руго Шамил районалъул руччаби, гьез бихьизабураб мисал нилъецаги хlалтlизабула.

Аллагьас нилъ таги мажгитал ралел, Исламалъул нух чlаго гьабулел, Аллагьас гьабеян абураб гьабун, теян абураб тун, Гьесукьа хlинкъун ва Гьесул гурхlелалде хьул лъун, устарзабаз тlадкъарал вирдал тlуран, тlабигlат берцин гьабун, гlун бачlунеб гlелалъе лъикlаб мисал бихьизабулеллъун.

Аллагьас нилъ гьаругеги гlадамал вас-васалде ккезарулеллъун, чияр гlайибал рикlулеллъун, питнаялде нуцlа рагьулеллъун, гlалимзабазде гаргадулеллъун, устрзабазда малъарулеллъун, гъибат-бугьтан гьабулеллъун.

Щиб ишалда гlумру тlамуниги, гьеб ишалда холин абулелъул инсан, хвараб куцалда тlадеги вахъунилан бугелъул, дунялалдаги цlунаги нилъ, ахираталдаги цlадудасаги хвасарлъаги.

Баркала буго Гьандихъ росдал руччабазе, Хlумайд-афандиясул (къ.с.) къадру борхатго цlунун, гьес бихьизабураб нух чlунтизе течlелъухъ.

Исламалъул нухда ракарал чирхъал гlадин ругел Шамил районалъул тlолалго руччабазе сахлъи, рохел, талихl, икъбал!

Аллагьасул гурхlел, Хlабибасул шафагlат, устарзабазул баракат киданиги тlаса унгеги киназдасаго!

 

ГIайшат НурмухIаммадова

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


ТIаифалда Аварагасул ﷺ дугIа

МухIаммад аварагасул ﷺ гIумруялъулъ ккарал бищунго захIматал хIалбихьиязул цояб букIана ТIаифалде гьабураб сапар. Гьесул лъади Хадижат ва имгIал АбутIалиб хун хадуб Маккаялда бусурбабазул ахIвал-хIал гIемерго хIалуцун букIана. Цинги Аллагьасул ﷻ Аварагас ﷺ ТIаифалде сапар бухьана, шагьаралъул...


Лъимал цIуниялъул къоялде

Халкъазда гьоркьосеб лъималазул къо кӀодо гьабун, Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «ЦӀуниялда бугеб лъимерлъиялъул канлъи» абураб рахӀмуялъул хъизаналъулаб рекӀин. Гьеб кӀудияб ва унго-унголъунги ракӀ хинлъизабулеб тадбиралда гӀахьаллъана I500-ялдаса цӀикӀкӀун чи — лъимал ва гьезул эбел-эмен. Байрам...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...