Аслияб гьумералде

Гьев вуго гӀицӀго гьобол…

Гьев вуго гӀицӀго гьобол…

Исламалъ муъминзабазе гӀумруялъул щибаб рахъалъе битIараб нух бихьизабун буго. Бокьараб ахIвал-хIалалда камиллъи балагьулаго, нилъее къваригӀуна гӀицӀго нилъерго диналдехун руссин ва жавабал ралагьи. Бусурбанай гIаданалъ хӀаракат бахъизе ккола бищун лъикӀай лъадилъун йикӀине ва рос рази гьавиялдалъун Аллагь рази гьавизе. Аллагьасул Расулас ﷺ абуна, россал яги жужахӀ яги алжан ругин абун.

 

Исламалда бищун лъикӀай чӀужу щий кколей? Кинал хаслъаби гьелъул ругел? Кин лъикӀай чӀужулъун яхъине кколей? Гьел суалазе жавабал кьолел руго Аварагасул ﷺ хӀадисазда. ТӀадегӀанав Аллагьас Къуръаналда абулеб буго (магIна): «Гьесул гӀаламатазда гьоркьоса гьадинабги буго: Гьес нужее нужедаго гьоркьоса гьудулзаби рижизарун рукӀин, гьезда жаниб нужее парахалъи батизелъун, нужеда гьоркьоб рокьиги рахӀмуги лъуна» («Ар-Рум», 21 аят).

  1. ЧӀужуялда тӀадал ишазул цояб ккола рокъоб парахатаб ва санагӀатаб хӀал гӀуцӀи. ГӀодобе биччаялъулъ бащдаб талихӀ букӀуна. Рокъоб ахӀвал-хӀал хӀалуцинабичӀей, рос вичӀчӀулей, захӀматаб къоялдаса хадуб гьев «хъухъаларей» чӀужу кидаго йокьула. Бихьинчияс, парахалъи жиндилъ батарай чӀужугӀаданалдехун, хасаб адаб-хӀурматгун ва рокьигун бербалагьи гьабула.
  2. МукӀурай чӀужу. Исламалда росасе мутӀигӀлъиялъ хасаб бакӀ кколеблъи лъала, амма гьеб рахъ гӀемерисеб мехалда кӀиабилеб бакIалде рещтIунеб ва кӀвар гьечӀеблъун рикӀкӀуна жакъа къоялъ. ХӀакъикъаталдаги лъикӀав бусурбанчияс тӀалаб гьабула лъадигун лъикӀаб бербалагьи букӀин ва гьелъул хӀажатал тӀуразарула. ЧӀужугӀаданалдаса гӀемерго цӀикӀкӀун жавабчилъи бихьинчияс баччула. Ва баркалаялъулгун адабалъул гӀаламат хӀисабалда чӀужугӀаданалъ бихьизабизе ккола росасе адабгун мутӀигӀлъи. Гьанжесеб дунялалда росасе мутӀигӀлъи гӀемерисеб мехалъ рикӀкӀуна инжитлъилъун ва жиндирго гӀорхъаби хвезарилъун. ХӀакъикъаталдаги, гӀумруялъул гьудуллъун кколей ва гьесул мурадазул адаб гьабулей чӀужугӀаданалъе гьев рази гьавизе бокьи, гьесул малъа-хъваязухъ гӀенекки, гьесул мурадазда рекъон хьвади камилго тӀабигӀияб жо ккола.

Росасе мутӀигӀлъи кколаро цо рахъалъул, ай гIицIго гьесул тӀалабал тӀуразари, гьеб ккола росасул адаб-хӀурмат гьабиялъул асар, гьелъ ригьнада рекъел бижизабула. «ЧӀужугӀаданалъ щуго паризаяб какги бан, (Рамазан моцӀалъ) кӀалги ккун, жиндирго рацӀцӀалъи цӀунани, росасе мутӀигӀлъани, гьелда абила: «Дуе бокьараб кавудахъан лъугьа Алжаналде», - ян (АхӀмад).

МухӀаммад аварагасда ﷺ гьикъун буго: «Кинай чӀужугӀадан бищун лъикIай йигей?» - абун. Гьес жаваб гьабуна: «Жинда берчIваялъ рос талихӀ гьавулев, гьесул гьариялъе яги амруялъе мутӀигӀай. Ва гьев цо жоялда разилъичӀони, гьелъги гьеб толей», - ян (Ан-Насаи, имам АхӀмад).

  1. Баркала кьолей чӀужу. «Гьелъул росасда дагьабниги ццим бахъани, Аллагьас гьелъул лъикӀал ишазул кири тӀагӀинабула ва росасдасаги тӀаса лъугьуна (гьесул сабруялъухъ)» (Муслим). ХIурулгIиналъ ахIулеб букIуна лъадудехун, гьелъ росасул ццим бахъинабидал: «Гьесие гӀазаб кьоге, Аллагьас дуда кьаби щвезабеги! Гьев вуго гӀицӀго дур гьобол, кватӀичӀого мун рехун тезе вугев» (Тирмизи).

КигӀан захӀмат букӀунеб гӀунгутӀабиги кӀочон, лъикӀаб гурони бихьичIого тезе. КигӀан захӀматаб жо бугеб баркала кьезе. МухӀаммад аварагас ﷺ абун буго жужахӀалъул агьлуялъул гӀемерисел руччаби ругилан, щайгурелъул гьел россабазе ва гьезул сахаватлъиялъе баркала гьечIел рукӀиналъ.

Баркала кьезе бажари ккола бищун лъикӀай чӀужуялъул хасият, гьелъул баркалаялда гъорлъ букӀуна Аллагьасе рецц гьаби. МухӀаммад аварагас ﷺ абуна: «Баркала кьеялъулъ бищун тIадегIанай ккола росасда боцIи-малалъул къварилъи лъазабичIей чIужу».

  1. Лъади – иманалъул бащалъи. Росасул иман щула гьабулей чӀужуялъул букӀуна хасаб даража ва гьей унго-унголъунги баракат бугей йиго. «Сардилъ тӀаде яхъун, какги балей, росги ворчӀизавулей, гьесги как базе, тӀаде вахъине инкар гьабуни, гьурмаде лъим гьурщулей чӀужугӀаданалда Аллагь гурхӀаги». (АхӀмад)
  2. Жиндаса рос разияй. Аллагь разилъи чӀужугӀаданалъе буго рос разилъиялда жаниб. ЧӀужуялъул баркалаялъ рос разилъиялде вачуна, гьеб ккола чӀужугӀаданалъе ракьалда щолел кириязул бищун лъикӀаб. Рос разилъиялъ Алжаналъул кӀулал кодоре кьола, гьединлъидал, россал рохизариялъ кьола ахираталда абадияб талихӀ.

«Нужер руччаби алжаналъул агьлуялда гьоркьор рукӀина, гьел рокьулел, гӀемерал лъимал гьарулел, росасе хъулухъ гьабулел ругони. Гьединай чӀужуялда рос ццим бахъун вихьани, гьелъ гьесул квералда тӀад кверги лъун, абила: «Дица берал къанщиларо мун дидаса разилъизегӀан», - ян.

 

 

Хадижат Хизриева

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Лъимал цIуниялъул къоялде

Халкъазда гьоркьосеб лъималазул къо кӀодо гьабун, Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «ЦӀуниялда бугеб лъимерлъиялъул канлъи» абураб рахӀмуялъул хъизаналъулаб рекӀин. Гьеб кӀудияб ва унго-унголъунги ракӀ хинлъизабулеб тадбиралда гӀахьаллъана I500-ялдаса цӀикӀкӀун чи — лъимал ва гьезул эбел-эмен. Байрам...


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Сундуего дару

Садакъа ккола бищун лъикIал гIамалазул цояб. Гьеб кьеялдалъун инсан ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъула ва дунялалдаги ахираталдаги кири щола. Аварагас ﷺ абуна: «Бащдаб чамасдакIалдалъунгIаги цIуне цIаялдаса», - ян. ЧамасдакIалъул гьитIинабго кесекалъ чи жужахIалъул цIаялдаса хвасар...