Аслияб гьумералде

Ункъо гIамал

Ункъо гIамал

Ункъо гIамал

ХIадисалда буго ункъо сипат бугин аварагзабазул нухлъун жиб кколеб: миск бахин (берцинал махIал гьари), ригьин гьаби, сивак хIалтIизаби ва нич.

Исламалъ кIудияб кIвар кьола рацIцIалъи цIуниялде. Гьеб цIуни аварагас ﷺ жиндирго мисалалдалъун ва рикIкIен гIемерал хIадисазда рехсон бихьизеги гьабуна. Гьес ﷺ абуна Аллагь ﷻ вугин вацIцIадав, гьединлъидал Гьесие ﷻ бокьулин рацIцIалъиян (Абу-Давуд). РацIцIалъи цIуниялъ гьоркьобе бачунеб гIамалалдасан ккола берцинаб махI гьабиги. Гьеб кколелъул чияда аскIове щведал, тIоцебесеб иргаялда, гьезда халлъулеб жо. КигIан лъикIаб бугониги мискалъул махIалдаса жиндир черхалда бараб гIетIалъул махI берцинаб, гьайбатаб букIаниги, аварагасги ﷺ батIи-батIиял махIазул мискал хIалтIизарулаан. Гьединлъидал гьеб бахин бусурбабазе суннатаб гIамалалдаса ккола.

Черхалдаса берцинаб махI букIин жиндиегоги пайдаяб буго. Масала, берцинаб махI бугеб мехалда, гIадамазда гьоркьов чиясда живго жиндаго божаравлъун вихьула, психологияб рахъалъги гIодове виччаравлъун вукIуна, гIакълуги цIубараблъун букIуна. Имам ШафигIияс абун буго: «Гьайбатаб махI (мисказул) бугесул гIакълу цIикIкIуна», - ян.

Суннатаб гIамал бугониги, руччабаз гьеб хIалтIизабиялъулъ шаригIаталда батIияб хIукму буго. Рокъоса къватIие яхъунеб заманалда чIужугIаданалъе бегьуларо гьеб хIалтIизабизе. Абу-Мусадаса бачIараб хIадисалда буго: «ЧIужугIаданалъ миск хIалтIизабуни ва гьейги ани гIадамазда аскIосан жинда бугеб махI гьезда халлъуледухъ, гьей гIадан йиго гьадинайги гьадинайги», - ян. ХIадис-гIелмуялъул гIалимзабаз абулеб буго «гьадинайги гьадинайги» абиялдаса аварагасул ﷺ магIна букIанин зиначIужуян абулебан (Тирмизи).

Ригьин гьаби. Аварагас ﷺ абун буго: «Ригьин гьаби дир суннат буго, дир нухалдаса вуссаравги дидаса вуссарав вуго», - ян (Муслим).

Сивак хIалтIизаби. Гьеб буго кутакалда аварагас ﷺ кIвар кьолеб букIараб суннат. Сивакалъ кIал бацIцIад гьабула, гьеб буго Аллагьасеги ﷻ бокьулеб гIамал.

ЖабрагIил малаик дихъе вачIунелъул гьес дун щибаб нухалъ сивак хIалтIизабиялде гьесизавулаан, гIемер гьелдалъун бакка-бахъи гьабулелъул дун хIинкъунги вукIана гьеб хIалтIизаби тIадаблъунцин гьабиладаян. Гьелдалъун захIмалъи букIинин абун гуребани дица гьеб умматалъе тIадаблъунги гьабилаанин абун буго аварагас ﷺ.

Гьеб хIалтIизабиялдаса сахлъи цIуниялъеги кIудияб пайда буго. Сивакалъул цIех-рехги гьабун, гIалимзабаз абулеб буго: «Сивак-гъотIоца чиясул кIалалъе гьабулеб буго гIажаибаб асар. ЦохIо нухалъ гьеб хIалтIизабиялдалъун кIалдир ругел бактериязул 80 процент хвезарула. Цабзазда кариес лъугьине толаро, дабал щула гьарула, цо нухалъ хIалтIизабиялъул асар кIиго сордо-къоялъ халат бахъун хутIула. Гьел гурелги жеги гIемерал пайдаби руго сивак-гъветI хIалтIизабиялъул. Гьелъул бугеб пайда бусурбабазда цебего лъалаан, гьанже абуни гьезул сивакалдаса цаби чурулеб пастагицин гьабулеб буго», - ян.

Цоги гIалимзабаз хъвалеб буго сивакалъул асар кIалалъул, гIундузул, беразул, магIазукъалазул, мацIалъул, щекъералъул нервабазул биологиял точкабаздеги щолин. Асар гьабула ургьимесалъе, тIулае, бакьазе, цIекIгьанае, къечIчIалъе, гьуъразе, ракIалъе, кIващул ва ццидал къвачIабазе. Жеги гьелъул пайдабаздаса буго ччорбазул дандекъай тамах гьаби, чиясда халлъулареб 70 щокълъи рукIалида чIезаби, цIодорлъи цIуни ва хвезегIанги гIакълу ун лъугьине тунгутIи.

Нич. Гьеб буго чи лъикIаб гуреб хIалалде жинца ккезавулареб сипат. Динияб рахъ хал гьабун абуни, гьеб буго реццарал тIабигIатазул цояб, жинца нахъегIанал гIамалазде ккеялдаса чи цIунулеб. Абул Къасим аль-Жунайдияс абун буго: «Нич буго Аллагьасул ﷻ лъикIлъаби ва жиндирго кIарчанлъи чиясда бихьизе кIвей…», - ян. Аварагас ﷺ абуна: «Ничалъ нигIмат гуреб жо босуларо», - ян. Гьелъ чи нахъе тIамула квешал гIамалал гьариялдаса, квешал тIабигIатал кквеялдаса. Гьеб буго иманалдаса цо бутIаги, жиб Алжаналда букIине бугин аварагас ﷺ сипат гьабураб.

Аллагьас ﷻ кумек гьабеги щивасе Гьев ﷻ разилъулел гIамалал гьариялъе! Амин!

Ахiамад Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...