Аслияб гьумералде

Бищун берцинаб калам

Бищун берцинаб калам

Как ахIи буго паризаяб какие заман щвеялъе бугеб исламалъул гIаламат. Къамат гьабиги буго гьелде жамагIат бачIиналъе бугеб ахIи. Гьелда тIадеги, гьеб къадруяб ахIиялъухъ гIемерал лъикIлъаби руго ва диналда хасаб бакIги ккола.

 

Как ахIиялъухъ щола кири

МухIаммад аварагас ﷺ абун буго: «ГIадамазда лъалеб букIарабани как ахIиялъухъ ва тIоцебесеб кьерда чIун как баялъухъ бугеб кири, гьез гьединаб рес щвеялъе гIоло можоро рехи гьабилаан», - ин абун (Бухари, Муслим).

Как ахIигун къамат гьабиялъухъ будунасе щола кIудияб даража. Абула, щибаб гьес (как ахIулелъул) ахIараб рагIи киналго махлукъатазги такрар гьабулин.

 

Какалъ нугIлъи гьабула Къиямасеб къоялъ

МугIавиятидасан бицараб хIадисалда буго: «Къиямасеб къоялъ гIадамазда гьоркьоб будунзабазул букIине буго бищун халатал гарбал», - абун (Муслим).

ХIадис гIелмуялъул гIалимбазаб чанго баян кьолеб буго гьеб хIадисалъе:

- гьел цогидазда гьоркьор ратIарахъун гIадин рихьизе ругила, гьезул ахIи рикIкIа-рикIкIаде рагIулеб букIиналъ. Аллагьасда ﷻ цебе гьезие хасаб бакI (даража) букIинеги бугила.

- будунасе кIудияб кири щвезе бугила. Гьелъ жидеего бугеб ажру бихьизе хIаракат бахъулаго гьез габур цIазабун, бетIер букIине бугила добе-гьанибе буссинабулеб, гьединлъидал габурги халатабин ккелила.

- будунасул габургун бетIер эхеде борхун букIине бугила, щайин абуни, гьесие жиндир гIамалалъухъ нич букIине гьечIила. Нечарав чиясул габур букIунила гIодобе дализабун.

- будунзабазул Алжаналде ин хехаб букIине бугила.

 

Какде ахIиялъул гьаракьалъ шайтIан хIинкъизабула

Абу Гьурайратидасан бицараб хIадисалда буго: «Будун как ахIизе лъугьиндал, шайтIан, какил сас рагIичIого букIинелъун нахъасан гьуралги риччан, сасги бахъинабун, мугъги рехун нахъе-нахъе къала…», - ян (Бухари). Гьеб хIал шайтIаналъе лъугьинабулеб букIиналъ бихьизабулеб буго какалъул бугеб рухIияб къуват ва бусурбабазе гьелдалъун бугеб кIудияб цIуни.

 

Аллагь ﷻ цо гьавигун Авараг ﷺ ритIухъ гьави

Как ахIи байбихьула «Аллагьу акбар» абун БетIергьанасул ﷻ кIодолъи бихьизабиялдаса. Хадуб «Ашгьаду ан ла илагьа илла Ллагь» абун цо гьавула Аллагь ﷻ. Цинги, «Ашгьаду анна МухIаммадан расулуЛлагь» абун ритIухъ гьабула МухIаммадил ﷺ авараглъи. Гьелъ бусурбабазда ракIалде щвезабула жидер иманалъул аслиял гIуцIаби – цохIо Аллагьасе ﷻ гьабулеб гIибадат ва Гьесул Расуласул ﷺ нухда жал унел рукIин.

 

Икъбалалдегун хвасарлъиялде ахIи

Какилъ ругел «ХIайя гIалал фалахI» абурал рагIаби руго нужеца хвасарлъиялде гIедегIел гьабеян абураб ахIи. Гьелъги кьола, как баялъулъ буго гьаниб дунялалдаги хун хадуб ахираталдаги чиясе талихI бати абураб магIна. Нилъеда бихьула: дин ккурав какил кIвар бугев чи вукIуна гьабулеб ишалда баракат бугев, дагьаб бугониги бугелда гIей гьабуравлъун. Гьединго лъала ахираталда тIоцебе кIал гьикъи гьабизе бугебги как кколеблъи.

 

ДугIа къабуллъи

Как ахIиялдаги къамат гьабиялдаги гьоркьоб гьабураб дугIа нахъчIваларо. Анасидасан бицун Тирмизияс рехсараб хIадисалда гьедин абулебги буго. Гьелъин рекъараб бугеб как ахIун хадуб къамат гьабизегIан гьоркьоб заманалда Аллагьасде ﷻ жидер хIажатал рихьизарун, дугIа гьабун, гьаризе.

Как гIицIго ахIи гуреб, Аллагьасе ﷻ гьабулеб гIибадат ракIалде щвезабулеб насихIат, исламалъул гIаламат ва рахIматалъул кIудияб иццлъун буго. «Жинца Аллагьасдеги ﷻ ахIулев, лъикIал гIамалалги гьарулев, цинги «Дун бусурбабаздаса вугоян» жинцаги абулев чиясдаса рагIиялъул рахъалъ берцинав чи щив вугев?!» - ан абулеб буго Аллагьас ﷻ «Фуссилат» сураялъул 33-абилеб аяталда.

БетIергьанас ﷻ нилъ гьареги лъикIаб гIамалги гьабулел, гьелде цогидалги ахIулездасан! Амин!

 

АхIмад Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...