Аслияб гьумералде

ТIоцебесеб моцI

ТIоцебесеб моцI

МухIаррам ккола жинда жаниб рагъ хIарам гьабурал, Ибрагьимил заманалдаго хIурмат гьабулел рукIарал, Къуръан-хIадисалъ жиндир хиралъи бицарал моцIазул цояб. Гьединлъидал щивав бусурбанчияс кIвар кьезе ккола гьеб моцI Аллагьасе ﷻ тIагIат цIикIкIун гьабун, хIалкIвараб къадаралъ квешлъи тун, нухда тIобитIизе. ТIадежоялъе, гьеб моцI лъагIалил байбихьиги кколелъулха.

 

Аллагь ﷻ разилъаяв имам Гъазалияс «ИхIяъалда» хъван буго: «МухIаррам моцI соналъул байбихьи кколелъул, гьеб лъикIлъиялда тIобитIани, гьелъул баракат хутIарал моцIазде бахиналдеги хьул буго», - ян.

Аллагь ﷻ разилъаяв имам Нававияс «Заваиду Рравзаталда» хъван буго: «ХIурматиял моцIазул кIал кквезе бищун хирияб моцIлъун ккола мухIаррам», - абун. Гьелъул хIакъалъулъ бачIараб, Муслимица бицараб кьучIаб хIадисги буго: «Рамазан моцIалда хадусеб, кIал кквезе бищун хирияб моцI Аллагьасул ﷻ МухIаррам буго». Гьединлъидал тIубараб мухIаррам моцIалъ кIал кквезе суннатлъула. 

ТIубанго моцIалъ кIал ккун бажаруларев чияс хамиз, рузман, гьатIан къоязниги кIал кквезе жигар бахъизе ккела. Щибаб моцIалъул итни, хамиз къояз кIал кквезеги суннатаб буго. Гьебги бажаричIони, моцIалъул авалги, бакьулъ бугеб къоги, ахирниги кквезе ккела. Хасго мухIаррам моцIалъ кIал кквезе беццараб къолъун ккола ГIашура къо. Имам Муслимица бицараб кьучIаб хIадисалда буго: «Нилъер хирияв Аварагас абулаан: «ГIашура къоялъ ккураб кIалалъ араб лъагIалил мунагьал тIаса ккезарула», - ян. Гьединго кквезе суннатаб буго мухIаррамалъул ичIабилеб къоялъги. КьучIаб хIадисалда буго: «Дун тIасияб сон тIаде щвезегIан чIаго хутIани, дица ГIашурадул цебесеб къоялдаги кIал кквейилан амру гьабизе буго», - илан. Гьединго ГIашураялъул хадусеб къоялъги кIал кквезе суннатаб буго, гьелъул хIакъалъулъ бачIараб хIадисги буго.

ГIашура къоялъ гIицIго кIал кквеялда къокълъичIого, цогидабги тIагIат гьабизе, Къуръан цIализе, свалат битIизе, мискин-пакъиразе садакъа гьабизе суннатаб буго. Гьеб къо ккола ТIадегIанав Аллагьас Идрис Алжаналде вачараб, НухI гамидаса рещтIараб, Ибрагьим цIаялдаса хвасарлъараб, Мусаде Таврат рещтIараб, фиргIавн гъанкъараб, Муса авараг гьесдаса хвасарлъараб, туснахъалдаса Юсуф авараг къватIиве вачIараб, Давуд аварагасул мунагь чурараб, Сулейман аварагасухъе ханлъи тIадбуссараб ва цогидалги хиралъаби ругеб къо.

 

ГIабас Къебедов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...